Итни къоялда Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Щураялъул данделъиялда цебе лъун букIинчIо улка интернеталдаса къотIизабиялъул суал. Гьедин лъазабулеб буго РИА «Новостиялъ» россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковасда мугъчIвайги гьабулаго.
Араб анкьалда «Ведомости» газетаялъ хъвалеб букIана итни къоялда Россиялъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул Щураял президент Владимир Путин гIахьаллъараб данделъиялда гьоркьоб лъезе бугин рагъулал ишал яги улкаялда жанирго протесталъул акциял байбихьани улка интернеталдаса къотIизабиялда хурхараб суалин.
Гьелдаса хадуб бухьеналъул министр Николай Никифоровас лъазабуна журналистазе, россиялъул нухмалъиялда ракIалде гьечIин улка интернеталдаса къотIизабизе, гьелъул гIаксалда, гьез хIадурулеб бугин нагагь Магърибалъ Россия интернеталдаса къотIизабуни гьаризесел ишазул планин.