Албаниялъул тахшагьар Тиранаялда цеве вахъунаго Рималъул папа Францискица загьир гьабуна динияб экстремизмалде данде пикру.
Гьес лъазабуна католиказдаги, православиял христианаздаги бусурбабаздаги гьоркьоб цоцал адаб гьабиялъулги цоцаде божилъиялъулги атмосфера кIудияб хазина кколин бокьараб улкаялъейин.
Хасго нилъер заманалда экстремистиял къокъабаз дин жидерго къагIидаялда загьир гьабулеб ва жидеего пайдаялъе хIалтIизабулеб мехалдайин.
Папаца квешаб къимат кьуна ТIадегIанасул цIаралдаса кIалъан зулмуялъул актал тIоритIулел къокъабазе. Албаниялъул халкъалъул 60 процент ккола бусурбаби, 10 - католикал.