Евроцолъиялъулгун ассоциация гьабиялъул къотIи-къаялъул ратификация гьабуна талат къоялда Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ.
УНИАН агентлъиялъул лъазабиялда рекъон, гьеб галиялъул рахъ ккун гьарукь кьун буго 355 дупутатас.
Гьаркьал кьун хадубго гьеб документ гъулбасун буго Украиналъул президент Петр Порошенкоца.
Евроцолъиялъулгун Украиналъул ассоциациялъул къотIи-къайялъул ратификация гьабуна гьединго талат къоялдаго Страсбургалда тIобитIараб сессиялда Европарламенталъги. 27 июналда Брюсселалда Украиналъги Евроцолъиялъги гъулбасун букIана ассоциациялда хурхараб документалъул цо бутIа.
Гьелдаго цадахъ рахъаз хIукму гьабуна эркенаб дармил зона гIуцIи 2015 соналде щвезегIан тезе.
Украиналъул цебесеб нухмалъиялда ассоциациялъул къотIи-къай гъулбасизе ракIалда букIана 2013 соналъул ахиралда.
Амма саммит байбихьлелде къоялъ цебе Украиналъул хIукуматалъ лъазабуна евроинтеграциялда хурхурал кIалъа-басаял гьоркьор къотIизариялъул хIакъалъулъ.
Евроцолъиялъулгун ассоциациялдаса инкар гьабиялъ Украиналда рагъаризаруна гIемер халкъ гIахьаллъарал протестал. Гьелъул хIасилалда оппозициялъул рахъ ккураз Виктор Януковичил нухмалъи тIаса рехана.