Воронеж областалъул диваналъ 30 октябралде щвезегIан аресталда гъор тун йиго Украиналъул пилот Надежда Савченко.
Гьединаб къагIидаялда диваналъ нахъ чIван буго адвокатазул гIарз ва инкар гьабун буго цо миллионалъул гъоркьтелалъухъ гьей эркен гьайизе.
Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ гьелде гIайиб гIунтIизабулеб буго Украиналъул кофликт унеб реионалда Россиялъул кIиго журналистасул хвелалде хурхен букIиналъул.
ГьатIан къоялда Украиналъул «Батькивщина» партиялъул данделъиялда гьелъул лидер Юлия Тимошенкоца цебелъей гьабуна ТадегIанаб Радаялде рищиязул сияхIалде тIоцебе Савченкол цIар хъваялъул.