Ссылки для упрощенного доступа

Донецк ва Луганск икълимазул хасаб статус


Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна, ТIадегIанаб Радаялъ Донецк ва Луганск икълимазул хасаб статусалъул суал тIасияб анкьида гьорьоб лъезехъин бугин.

Парламенталда цеве вахъун Украиналъул президентас абуна гьединаб къануналъул проекталъ рехсараб кIиябго икълим Украиналъул суверенитеталде ракълилаб къагIидаялда тIад буссинабизе бугин.

Петр Порошенкоца гьединго буюри кьуна Россиялъул гIурхъил халалъиялда къед базе. Донбассалда унеб хасаб операциялъул пресс-хъулухъалъул лъазабиялда рекъон букIине бугин азаралда щунусго километралъулаб сангар.

XS
SM
MD
LG