2014 соналъул 17 июлалда Донецкалда тlад бортизабураб Malaysia Airlines компаниялъул Boeing777 лайнералъе катастрофа ккеялда сверун унеб цIех-рехалъул тlоцересел хlасилал къватlире кьуна 9 сентябралда Нидерландазул нухмалъиялъ. Украиналъ чlезабулеб буго гьеб трагедиялде Россиялъул ва Россиялъул рахъ ккурал Донецкалъул абулеб республикаялъул сепаратистазул гlахьаллъи бугин. Москваялъ гьеб версия тlубанго нахъчlвалеб буго.