Гьениб Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас абуна Дагъистаналда бичIчIизе къваригIун бугин кигIан гьунар бугел чагIи гьенир ругелали. Гьеб фильмги гIицIго Расулил хIакъалъулъ гуреб, Дагъистаналъулги гьелъул хаслъиялъулги хIакъалъулъ бугила. Хадуб ракIалде щвезабуна Москваялда гьеб фильмалъул презентациялда вукIарав Грециялдаса чияс абурабги.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Дагъистаниялгун гьудуллъиялда вугелдаса гIезегIан сонал ругила жиндирин абуна гьес. Гьесул лъади йиго Дагъистаналдаса. Амма Расулил хIакъалъулъ бахъараб фильмалъухъ балагьун хадуб гурони жинда дагъистаниязул рухIияб рахъ бичIчIичIин абуна гьес».
Гьеб буго документалиябгун художествоялъулаб фильм. Гьенир хIалтIизарун руго Расулил «Дир Дагъистан» абураб асаралдаса сценаби, сценарий хъван буго Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги Россиялда машгьурав кинорежиссер Рустам Ибрагьимбековасги.
Гьеб киналъего гIарац биччан буго Расулил ракьцояв, Дагъистаналдаса олигарх Зиявудин МухIамадовас.
Расул гьитIинаб мехалда вихьизавулев вуго «ВатIан» ансамблялдаса кьурдухъан ХIажи Ибрагьимовас. Расулил яс СалихIат ХIамзатовалъ абуна гьев вас гIажаибго жидер инсуда релълъун вугин. Гьесулго гIадал дагьалъ къваридал бералги, гьурмаде бараб тIипалоги, дагьалъ кIичIараб мегIерги. Ахирги жиндир инсул рухIгицин батилин гьесулъ рещтIун.
Расулил эмен – Дагъистаналъул халкъияв поэт ЦIадаса ХIамзатил роль хIалеб букIана Авартеатралъул актер ХIусен Казиевас. Гьелде щвезегIан гьес Авартеатралъул сценаялда Расулил рольги хIан букIана. Амма дуца Расулил роль квеш хIан букIанин, ЦIадаса ХIамзатида дандеккунилан.
ХIусен Казиев: «Расулил роль сценаялда хIазе захIмат букIана, гьев лъалел гIадамалги цере рукIун. Амма кин батаниги, гьесул пикруги гъварилъиги сценаялдасан загьир гьабизе кIванаха. ЦIадаса ХIамзатил роль хIазе бигьа букIана, дица гьениб гIицIго режиссераз малъараб жо гьабулаан. КIиго-лъабго нухалда репетицияги гьабун, гъоз бахъулаан гъоб хадуб».
Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасдаса байбихьун кинабго интеллигенция бакIарараб гьеб презентациялда кIалъазе вахъа-вахъарас беццулеб букIана фильм. Амма «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор ва живго Расул ХIамзатовас жиндир шигIрияб хазина васият гьабурав МухIамад БисавгIалиевасул пикру дагьаб батIияб буго.
МухIамад БисавгIалиев: «Нолъ букIараб презентациялда дида Расул вихьана фильмалда жанир ругел Расул ХIамзатовасул рагIабалъ, архиваздаса суратазулъ, «Дир Дагъистан» абураб тIехаьалдаса росарал цитатабалъ.
Амма гIаммаб куцалда Расул ХIамзатов хисизавун вугищ ва кинаб къадаралда гьеб фильм лъугьун бугеб абун гьикъани, дир хIисабалда, гьеб фильм Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъалдасаги, гъоб бахъарал чагIазулги гъора гIахьаллъарал чагIазулги хIакъалъулъ цIикIкIун буго.
Гьеб фильм буго ГIабдулатIиповасул, Ибрагьимбековасул, фрагментазда гьоркьор кIалъалел чагIазул хIакъалъулъ. Жалги ругин гьанирин абизе бокьарал гIадин руго гьел.
Фильмалъул гIаммаб концепция квешаб гьечIо. Аслияб идеяги гьечIо гьелъул – гьаб фильмалдалъун нижее гьаб пикру загьир гьабизе бокьун бугин абураб. Расул ХIамзатов вихьизавулев вуго батIи-батIияб заманалда рукIарал суратазул архиваздалъун.
Гьев ЦIада гьавун вукIинги, гьес Верхсоветалда гIумру тIамун букIинги, гьес тIахьал рахъиги бихьизабуна. Амма нилъеда цевехун лъаларев, вихьичIев Расул гьеб фильмалъ загьир гьавичIо».
Расул гьекъезе бокьулев чи вукIиналъул темаги букIанин гьениб, гьелда тIаде нуцIа къаниги бегьилаанин абулеб букIана презентациялдаса къватIире рачIунез. Амма гьев идеаллъун гьавиялдасаги, гьединго лъикIилан абулелги ругоан.
Фильм бахъун буго Хунзахъ, Гъуниб, Шамил мухъазда.