Ссылки для упрощенного доступа

Украиналда маслигьат нахъеги хвезабун буго


Украиналъул аскарияз ва Россиялъул рахъ кколел сепаратистаз цоцазде нахъеги гIунтIизабулеб буго заманалъулаб маслигьаталъул шартIал хвезариялъул гIайиб.

ГьатIан къоялъул сардилъ сепаратистаз Ждановск, Золотое, Пески ва Гъоркьияб Крынка абулел росабазде кьвагьдана. Жиндир иргаялда Донецк ва Луганск шагьаразда рагъулел сепаратистаз абулеб буго Украиналъул аскарияз гIарада банин цо чанго росабазде.

Красный Партизан абулеб шагьаралда анцIго ракълилав инсан лъукъун вугин. Украиналъул жанисел ишазул министр Арсен Аваковас лъазабуна Мариуполялде хIукуматалъул тIаде журарал аскариял ритIун ругин шагьар цIуни мурадалда.

XS
SM
MD
LG