Ссылки для упрощенного доступа

Сочи: гьанже казиноялъул хIаял


Сочиялда Олимпиадаялде хIадурлъи унеб мехалда гьениб рукIа-рахъин гьабулел гIадамазеги сверухъ бугеб тIабигIаталъеги кIудияб зарал щун буго. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицулаан дунялалъул прессалъги инсанасул ихтиярал цIунулезги.Амма хIаял лъугIун хадуб добго ахIвал-хIал бихьулеб буго шагьаралда.

Россиялъул президентас администрациялъул ва жамгIияб Шураялъул хитIаб гIадахъ босун Сочи казино хIаялъул зоналъун лъазабуна, ян абуна Кремлалъул пресс-хъулухъалъ.

Нахъеги байбихьана гадамазе захIматаб хIадурлъи. Цо-цоязул рукъзал ва офисал риххун руго. Россиялъул махIкамаялъул киналго даражабаздаса ритIухълъи тIалаб гьабун букIана гьез, амма гьеб батичIого, гIарз битIана Страсбургалъул диваналде.

Сочиялда Олимпиялъул хIаял лъугIун хадуб, Россиялъул президент Владимир Путиница хIукуматалдаги Краснодар икълималъул губернаторасдаги тIадкъана гьениб казиноялъул зона баялъул суалалда тIад ургъизе. Гьадин лъазабун букIана Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас.

Хадуб загьирабун букIана гьадинаб хIукму: Краснодар икълималда казиноял разе руго олимпиялъул объектазе кьурал ракьул бутIабазда. Амма гьелда балагьичIого Сочиялда гIемерал гIадамазе кIудияб зарал щун бугин гьелдалъун, хIатта рехсарал ракьул бутIабазда гуребги, жидее церего кьурал ракьаздаги, ян абуна нижер программаялъе гьединазул цояв, бизнесмен Александр Колесникица.

Александр Колесник: «Дун вуго дирго ватIаналъул патриот. Дун гIуна Совет Союзалда. Дица дирго улкаялъе кIудияб баркала кьола гьелъ дие лъай кьун букIиналъухъги, цогидалъухъги. Гьаниб дица дирго бизнес бачине байбихьараб мехалда дир гIемерал гьалмагъзабаз жидерго бизнес къватIисел улкабазда бана бигьаго.

Нижецайин 1990-билел соназда гьаниб хIалица гьебго иш гьабуна. Ахир-къад гьабунаха кин бугониги. КIудияб роххел букIана - жидерго бетIергьанлъиялъул мал-мулк щун букIиналъ.

Гьанже лъугIана иш. Гъол бергьана. Жал ритIухъал ругин абун. Гьаниб жидерго гIарац хвезабун, цIиял хIалтIул бакIал ралел гIадамазда пачалихъалъул гьадинаб бербалагьи бихьулаго, ракI буссинабун буго».

Амма ракIалдаго гьечIого шагьаралъул нухмалъулез хIукму гьабуна гьес рарал объектал гьениса тIагIинаризе. Щиб гьелъие гIиллалъун ккун бугебали – Шапида лъалеб гьечIо.

Александр Колесникица абулеб буго жинца бараб ва хадуб камураб бизнесалъул хIалбихьи Россиялда гIоркьохъеб даражаялъул бизнес бачине дагьал ресал рукIиналъул пашманаб мисаллъун кколин Магърибалъул улкабазда бугеб ахIвал-хIалалде данде ккун.

Александр Колесник: «Гьединги батизе бегьула. Цо яхтинг базе бокьун батила гъозие. Щайха бегьулареб? Кинабго хIадураб буго. Нухалги, коммуникациялги руго, ралъдал рагIаллъиги щулалъизабун буго. АнцIила щуго соналда жаниб нижеца гьеб хIалтIи гьабулаан. Гьанже гьеб ракь гьуинаб кесеклъун бихьула гъозда».

ЭР: - ХIаялъул идарабиищ разе бокьилаан гъозие гьенир?

Александр Колесник: «Гьаб суалалъе чIван къотIараб жаваб кьезе дида кIоларо. Казино хIаялъул бизнес бачине гIезегIанго ресал руго гъозул. Гьеб суалгун гьоркьоб кIалъа-басаялги унел руго гьабсагIат. ХIукмуги гьабун буго. Сочи букIине буго хIаялъул зоналъун.

Олимпиялъул паркалда ругел цо-цо объекталги гъозие ричун кьезе бегьила. ГIемерал минаби руго дора ран. Гьел гьабсагIат хIалтIизарулел гьечIо.

ГIемерал гIадамал жалго жидецаго патриоталлъун рикIкIун ругониги, бижана гъозул гьадинаб пикру, гьадинаб щаклъи - щайдай дица гьаниб гьаб хIалтIи гьабурабали абураб.

КъватIисеб улкаялда гьабурабани - кинабго лъикI букIинаан. ГIезегIанго гIадамазе камуна жиндирго ахирисеб буголъи. Рукъзал гьечIого хутIана гьел. РачIана, ниж хIайванал гIадин къватIирехун гъуна, щибго абичIого.

ЭР: - Компенсация кьун бугищ нужее?

Александр Колесник: «ГьечIо. Гьеб гуребги, гьез нижедаса тIалаб гьабулеб буго минаби риххиялъухъ гIарац кьей. Кисан гIарац босилеб? Гьениреги рачIун, вахIщияб къагIидаялда кIала-гъоркье кинабго сверизабуна гьез. ГIадамазда кIоларо рукъоре тIад русине - рукъор хутIун, камуна кинабго - гIарацги, цойгиги».

Жинца жиндирго ишцоязулгун цадахъ къватIисеб улкаялда ритIухълъи балагьулеб бугин тIокIаб чара гьечIого, ян абулеб буго Александр Колесникица.

Александр Колесник: «БичIулищ нужеда, нижеца гьад инаб гали тIамуна, улкаялъул урхъи бахъун, тIокIаб чара гьечIого. ГIемерал щакдарулелги рукIана байбихьуда.

Нилъер ватIанги бугин, нилъер гьанир ТIадегIанаб ва Конституциялъулаб Диваналги гьечIищилан абулаго. Руго, амма гьез нижехъ гIинтIамичIо. Сан гьабичIо тана нижер гьари. Гьалеха, тIамуна нижеца гьадинаб гали, кигIан бокьун гьечIониги».

Манаров Шапи: «Олимпиялъул объектал, ялъуни пачалихъиял идарабазул минаби ралел бакIалда ниж гьечIилан абурал кагъталги руго нижер.Нижер минаби ран руго шагьаралъул гIурхъи борчIараб бакIалда. Олимпиада лъугIун хадуб олимпиялъул объектал чIорогоял руго.

Гьел хIалтIизаризе ккола. Гьеб иш щай гьабулареб? Цогидал минаби риххулел руго. Гьелъие гIоло пачалихъалъ гIарацги биччалеб буго. Гьединлъидал нижеда бичIуларо - щиб кколебали».

ЭР: - Гьаб бацIад гьабураб бакIалда гъозие щиб бокьилаан базе?

Манаров Шапи: «Нижер мадугьалзаби мисалалъе росани, гъозулги рукIана киналго документал. Амма гьезул минаби ругеб бакI Олимпиадалъул планалде данде ккун букIана. Риххана гъозул минаби. Ришнил гохI хутIана кIудияб. Арматарулъул ва бетоналъул. ГIадамаз гьенире рачIун, суратал рахъунел рукIана. ГьанжелъагIан щибниги бан гьечIо гьениб».

ЭР: - Гьез жидерго планал гIадамаздаса балъго цIунулел ругищ?

Манаров Шапи: Уха, кIудияб балъголъи буго гьеб. Гьеб гуребги, цойги гьадинаб гIажаибаб хIужа. Администрациялда хIалтIулел цояз гIаммал гьабулеб буго нижер минаби риххизе, цогидаз нижедаса тIалаб гьабулеб буго ижараялъе гарац кьей. Щай, щай гурелъул, абулеб буго гьез, ижараялъул къотIи-къай жеги нахъе бахъун гьечIин.

ЭР: Россиялда диваналъул ругел щинал даражабазде нужеца хитIаб гьабун бугищ?

Манаров Шапи: У, гьабуна гIарз кинабго даражаялда. Байбихьуда нижер гIарз гIадахъ босулаан, хадуб тIадегIанал даражабазул махIкамабаз гIарз нахъ чIвалеб букIана. Жал разиял ругин нижее къотIараб хIукмуялда.

Ахир къад жинде данде такъсирчилъиялъул иш рагьун буго, ян абулеб буго Шапица.ГIутIизабулеб гIайиб - диваналъул къотIиялъе мутIагIлъунгутIи.

Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ исана 4 июлялда ахирисеб цIалъиялда къабул гьабуна Сочиялда казино хIаялъул зона рагьиялда хурхараб къанун.

Гьеб зона рагьизе буго 2015 соналъул май-июнь моцIазда, ян лъазабуна добго моцIалъул ахиралда Россиялъул вице-премьер Дмитрий Козакица. Ва тIаде жубана – кинабго инфраструктура бан букIана Олимпиялъул хIаязде хIадурлъи гьабулеб мехалда, ва цIиял бакIал разе хIажалъи гьечIин.

ГьабсагIат Краснодар икълималъул хIукуматалъ хIадур гьабулеб бугин хасаб план. Гьедин батани, баккулеб буго суал – цIиял минаби разе гьечIони, сундуе гIоло гIадамал церего рарал минаби риххулел ругелали?

Нижер программаялда гIахьаллъарал гьединал риххарал минабазул бетIергьабазул ракI чIун буго гьеб унго-унгояб рейдерлъиялъул гьужум букIиналда ва жидеде данде гьабураб ритIухъаб гуреб иш хасго тIадтаразде гIагардисел гIадамазе пайдаяблъун букIиналда.

Лъил гьеб жигар бугебали абураб суалалъе жаваб бигьаго батула.

Сочиялда казино хIаялъул зона рагьиялъул план бижана Олимпиялъул хIаязде хIадурлъи гьабулеб мехалда.

Хасго доб заманалда Россиялъул индустриялъул ва бизнесалъул чагIазул цолъиялъул бетIер Адександр Шохиница Россиялъул премьер-министрасул жигаралъе жаваб хисабалда абуна, Сочиялда офшоралъул ва казиноялъул зона рагьиялъул суал кIвар цIикIкIараб суал бугин.

Экспертазул хIисабалда Сочиялда хIаялъул бизнес рагьун хадуб гьенибе Анапаялдаса гочине бегьула гьабсагIат дора ругел казиноял.

XS
SM
MD
LG