Америкаялъул президент Барак Обамаца лъазабуна ГIиракъалда бугеб жидеда «Исламияб пачалихъ» абулеб къукъагун кин къеркьезе ругелали бицараб стратегия жинца загьир гьабизе бугин 10 сентябралдайин.
ГьатIан къоялда америкаялъул авиациялъ кьаби щвезабун букIана Хадита абулеб лъел сангар бугеб бакIалда аскIоб рехсараб къукъаялъул позициязда. Гьелдаса хадуб гIиракъалъул армиялъ гьезухъа нахъе бахъун буго гьеб сангаралда аскIоб бугеб Барвана абулеб шагьар.