Рагъалде данде Москваялда акция гIуцIулел рачIун руго гьелъул цIаралда сверун цо пикруялде. Гьезда ракIалда буго 21 сентябралда «ТIолгороссиялъул ракълил марш» тIобитIизе.
РПР-ПАРНАС партиялъул нухмалъиялдаса Борис Немцовас бицухъе, оппозициялда ракIалда буго гьединалго акциял Екатеринбургалда, Новосибирскалда ва цоги шагьаразда тIоритIизеги.
Гьеб акциялда гIахьаллъизе рукIиналъул лъазабун буго киналго либералиялгун оппозициониял партиязги. Гьел ккола- «Яблоко», РПР-ПАРНАС, Партия прогресса, «Альянс Зеленых», регистрация гьечIеб 5 декабралъул Партия, «Солидарность» багъа-башари ва цогидал. Акциялъул тIалаб букIине буго Россиялъул агрессивияб къватIисеб политикаялъе ахир лъейин ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда битIей чIезабейин ахIи бай. Гьединаб баян гьабуна Немцовас.
Гьеб гIуцIулезда ракIалда буго Москваялъул мэриягун 50 азарго чи гIахьаллъизе вугеб тадбир дандбазе. ГIарза кьезе буго итни къоялда.
Цебесеб гьединабго магIнаялъул «Ракълил марш» тIобитIун букIана 15 марталда. Гьелда гIахьаллъун вукIана 50ялдаса-70 ялде щвезегIан азарго чи.