Оппозициялъул тадбиразда хадуб халкквеялъе гIоло Россиялъул регионазда гIуцIулел руго низам цIунулезул жамгIиял къукъаби. Системаялъул гуреб оппозициялъул активистаз гьарулел провокациял чIезари букIине буго къукъабазул аслияб мурадлъунилан, лъазабуна «Поколение победы» абураб жамгIияб гIуцIиялъул секретарь Евгений Шабаевас. Гьев колла коммунистазул партиялдаса политикияв активистлъун ва Россиялда гьесул цIар тIибитIана Украиналде дандечIараб гьесул позиция сабаблъун.
Шабаев, мисалалъе, гIахьаллъана фашистазде дандечIараб антимайданияб Шура гIуцIиялъулъ. «Известия» газеталъе гьес бицана жинцаги политикиял цогидал активистазги кагъат хъванин чанги губернаторасухъе регионазда полициялъе чара гьечIого къваригIун ругин оппозициялъул хIалтIуда хадуб халкколел кумекчагIиилан.
«Полициялъе кумекалъе гIадатиял гIадамаздасан гIуцIарал къукъаби тIоцере раккине руго Украинагун гIорхъи бугел регионаздаги, Россиялъул централиял регионаздаги, ахIвал-хIал хIалуцарал регионаздаги», - илан хъвалеб буго Regnum информалаталъ.
«Полициялъул кумекчагIазул жиб-жиб къокъаялде гъорлъе ине ккола анцIго чи ва гьезие нухмалъи гьабизе ккола цо чияс. Цевехъанасул бухьен букIин ккола полициялъул хIалтIухъангун. Къукъаби полициялъ ахIизе бегьула жамгIияб низам цIунизеян жидеего кумекалъе», - илан хъван буго Шабаевасул ва политикиял цогидал активистазул губернаторазухъе битIараб кагътиде.
Дагъистаналъул нухмалъулесул пресс-хъулухъалд
Амма гьел къукъаби гIицIго жамгIияб низамалда хадур халкколеллъун рукIана. Россиялда гьанже гIуцIулел ругел къукъабазда цере чIезаризе ругел суалал цодагьаго батIиял руго. Гьелги: политикияб ахIвал-хIалалъул хал-шал ай мониторинг гьаби, къануназда рекъечIего оппозициялъ гьарурал пикетал ва митингал чIезари ва къануналда рекъон гьарурал оппозициялъул тадбиразда дандечIарал жидерго акциял гIуцIи. Полициялъул кумекчагIазул гьел къукъаби гIуцIи — Кремлалъул политика кколин рикIкIунеб буго экспертаз. Информацилъул алатазда гьел къукъабазда цIар лъуна майданалда дандечIарал къукъабиилан.
Федерациялъул Шураялде гъорлъе унев Игорь Морозовас абуна журналистазе гьединал къукъаби жакъа къоялда Россиялда къваригIун гьечIин. Сенаторасул пикруялда рекъон, Украиналда ккараб гIадаб майдан Россиялда гIагараб заманалда букIинин божи гьечIо, щайгурелъул президент Владимир Путинил жакъа къоялда цIакъ кIудияб рейтинг буго.
Политилог Энвер Кисриевас рикIкIунеб буго антимайданиял къукъаби гIуцIи гIадамазе рекIее гIезе гьечIилан. Гьес абухъе, гIадатиял гIадамазе политика чIалгIунеб буго ва Кремлалъ, жиндирго рейтинг жеги тIаде бахине бокьун батани, социялиял суалазда хъинтIарал къукъаби гIуцIизе бегьилаан. «Гьединал къукъабаз, мисалалъе, халгьабизе бегьула кинаб ахIвал-хIал бугеб азарханабазда, школазда, тукеназ кванил нигIматазул багьа борхун бугодай балагьила гьез», - илан абуна «Эркенлъиялъе» Кисриевас.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда «Эркенлъи» радиоялъе абуна жамгIиял къукъаби чанги росулъ ругин. «Мисалалъе, полициялъул кумекчагIи руго Гъарабудахкент мухъалъул Губден росулъ ва гьезул хIалтIуе гIоло чанги провокация гьоркьоса къотIизабуна», - илан абуна министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ
«Нилъер Дагъистан» абураб жамгIияб гIуцIиялъул активист ГIабдул ГIумаровас рикIкIунеб буго республикаялъе къваригIун ругин оппозициялъул хIалтIуда хадуб халкколел полициялъул кумекчагIиилан.
ГIабдул ГIумаров: «Полициялъул хIалтIигьечIолъи бихьулеб буго нилъеда. ЖамгIияб низам цIуниялъе гIадатал гIадамаздасан гIуцIарал къукъаби чанги улкаялда руго. Дагъистаналда жакъа ругел гьединал къукъабазул хIалтIуе батIаго лъикIаб къимат кьезе дида кIоларо. ТIадежоялъе республикаялда бугеб ахIвал-хIалалде балагье. Чанги хIакимазда хурхун рагьана такъсир гьабиялъул иш ва гьел хIакимаз жал оппозиционерал ругин лъазабуна. Уголовияб делоялда гъорлъ ругел цо-цо хIакимазни хIаракат бахъулеб буго гIадамал митингазе рахъинаризе. Гьединал акциял щибизе жамгIияталъе? Гьел тадбиразда хадуб халкколел гIадатиял гIадамал рукIиналда тIаса абизе жо дир гьечIо. Гьел къукъабазде гъорлъе инеги ккола жамгIияталъул ургъел бугел».
«Дагъистаналъул улбул» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ абуна полициялъул кумекчагIазул хIалтIи республикаялда бихьанин ва цIиял къукъабазул хIалтIи батIияб букIинин жиндир божи гьечIилан.
Светлана ГIисаева: «Добго Хважалмахи ракIалде щвезабе. Дружинниказухъ кодоб ярагъ кьезе гьечIин абун букIана полициялъ, амма Хважалмахиса жамгIиял къукъабазде гъорлъе унезухъ автоматал рукIана. Жидер бераздалъун мекъи рихьарал гIадамазе гьез рахIат толеб букIинчIо, къануналъул рахъалдасан гьел балагьулел рукIинчIо. Гьелдалъун гьанже гIуцIулел къукъабиги батIиял хIалалъ хIалтIизе рукIиналда божи гьечIо», - илан абуна ГIисаевалъ.