Ссылки для упрощенного доступа

Москваялда "Макдоналдсазул" хIалтIи гьоркьоб къотIизабун буго


Москваялъул диваназ Пушкинил майданалдаги Ракълил проспекталдаги ругел «Макдональдсазул» хIалтIи гьоркьоб къотизабуна 90 къоялъ.

«Роспотребнадзоралъ» лъазабуна, хIалтIи халат бахъинабизе гьезул рес букIине бугин, киналго гIунгутIиял тIагIинарун хадубин.

Араб анкьалда Россиялъул вице-премьер Аркадий Дворковичица лъазабуна, нухмалъиялъул планалда гьечIин улкаялда «Макдоналдсал» къайин.

Россиялда буго гьединаб 450 ресторан 70 шагьаралда. Компаниялда хIалтIулев рагIула 37 азарго чи.

XS
SM
MD
LG