Жибго жидецаго лъидаго бачIеб улкалъун лъазабураб Абхазиялъул президентлъиялде кандидаталлъун рахъарал Аслан Бжанияца, Леонид Дзапшбаца, Мираб Кишмарияца ва Рауль Хаджимбаца шамат къоялъ гъулбасал лъуна миллияб цолъи цIуниялда хурхараб къотIи-къаялда гъоркь.
Гьела рекъон рехсараб республикаялда политикиял реформаби тIоритIизе руго. Гьелъие гIоло гIуцIизе буго хасаб консультативияб шураги.
Гьеб шураялде гъорлъе ине вуго щивав кандидатасул рахъалъан лъабго вакил.