ГIизраилалъул аскарияз ва палестинаялъул ХАМАС гIуцIиялъ цоцаде гьарурал ракетиял гьужумазул хIасилалда Газа мухъалда гIумруялдаса ватIалъана 4 сон барав палестиняизул вас.
Гьеб иргадулаб кьал байбихьана ГIизраилалъ ХАМАС гIуцIиялде щуго къоялъулаб маслигьаталъул къотIи-къай хвезабиялъул гIайиб гIунтIизабун хадусала.