Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъулазул 84 проценталъ рахъ кколеб буго импорт гьукъиялъул


Россиялъулазул 84 проценталъ рахъ кколеб буго квен-тIеххалъул, кванил нигIматазул импорт гьукъиялъул.

ВЦИОМалъул цIех-рехалъ бихьизабухъе, гьикъа-бакъаразул 85 проценталъ рикIкIунеб буго, гьелъ улкаялъул росдал магIишат цебетIеялъе импульс кьезе бугин.

Гьелдаго цадахъ респондентазул 63 проценталъ рикIкIунеб буго, импорт гьукъиялъе гIоло кванил нагIматазул багьа тIаде ине буги, 22 проценталъ - кванил нигIматазул дефицит загьирлъизе бегьулин.

XS
SM
MD
LG