ГIиракъалъул Баакуба шагьаралда суннитазул мажгиталде тIадекIанцIиялъул хIасилалда хун вуго бищун дагь босун 40 чи.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго гIиракъалъул нухмалъиялъ. Reuters агентлъиялъ лъазабухъе, тIадекIанцIи гьабун буго шиитазул яргъид гIуцIараб къокъаялъ.
Рузман къоялъго ГIиракъалъул шиитазул лидер Аятолла ГIали аль-Систаница халкъ ахIана «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул къуваталде дандечIеялде.
РухIияв лидерас гьединго ГIиракъалъул нухмалъулел ахIун руго рагIирекъонгутIиялъе ахир лъун, кIварабгIан хекко цIияб хIукумат гIуцIиялде.
Рузман къоялда ГIиракъалъул хIукуматалъул къуватазги курдазул яргъид гIуцIараб къокъаялъги байбихьун буго улкаялъул шималияб рахъалда бугеб исламистаз бахъун букIараб кIиго шагьаралда тIад контроль чIезабиялъул операция.