Улкаялда загьирлъулеб политикияб кризисалда хурхун хамис къоялда парламенталда цеве вахъине ракIалда вукIарав Пакистаналъул премьер-министр Наваз Шарифица инкар гьабуна гьеб галиялдаса.
Гьелъие гIиллалъун ккун буго демонстрантазул премьер хъулухъалдаса нахъе иналъул яги парламент биххизабиялъул тIалаб парламенталъ конституциялде данде кколареблъун рикIкIин.
Гьебго заманалда парламенталъул минаялда цебе халат бахъунеб буго Шариф хъулухъалдаса нахъе ин тIалаб гьабулеб аза-азар чи гIахьаллъараб демонстрация.
Акциялда гIахьаллъун руго протест загьир гьабулеб кIиго къокъа. Цоялъул нухмалъулеб буго оппозицияв политик, крикеталъул командаялдаялъул гIахьалчилъун вукIарав Имран Хан ва рухIияв активист ТIагьир уль-Къадри.
Имран Ханицаги ТIагьир уль-Къадрицаги Наваз Шарифиде гIунтIизабулеб буго коррупциялде ва легалияб гуреб бизнесалде хурхен букIиналъул гIайиб. Гьезул пикруялда, гьев гьединго нухмалъиялде вачIун вуго 20I3 соналда тIолабго халкъ гIахьаллъараб рищиязда макру-хIилла гьабун.