Цолъарал Штатазул авиациялъул квербакъиялдалъун ГIиракъалъул Мосул шагьаралда аскIоб бугеб стратегияб лъел сангар бахъун буго исламистазухъа курдазул Пешмергаялъ, ай, яргъид гIуцIарал къуватаз. Гьелъул хIакъалъулъ ГIиракъалъул Курдазул автономияб мухъалъул вакиласда базабун лъазабулеб буго ГIиракъалъул сайтазул цоялъ. Амма гьеб информация гьанжеги лъицаниги тасдикъ гьабулеб гьечIо.
Амеркаялъул авиациялъул кумекалдалъун Пешмергаялъ гьужум гьабулеб буго «Исламияб пачалихъ» абураб радикалиял суннитазул къокъа Мосулалъул мухъалда ккун ругел территориязде I7 августалдаса байбихьун. Курдазда бажарун буго чанго росулъа исламистал нахъе къотIизе.
Магърибалъул рахъалда бугеб Анбар провинциялда ГIиракъалъул хIукуматалъул къуватаз жалго лъикIал лъугьун хIалае рахъарал суннитазул кумекалдалъун Рамади шагьар тун нахъе къотIулел рагIула исламистазул къокъаби.
«Исламияб пачалихъ» абураб экстремистияб къуваталъ жиндирго контролалде гъоркье росун рукIана ГIиракъалъул ва мадугьалихъаб Сириялъул кIудиял территорияби. Исламистаздаса хвасарлъи балагьун 200 азаргоялдаса цIикIкIун чи, аслияб къагIидаялда езидал ва христианал, лъутизе ккана жидерго бакIал тун.