Крымалда хамиз къоялда Пачалихъияб Думаялъул депутаталгун букIараб данделъиялда Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна Украналъул машрикъалъул рахъалда би гIодобе тIей чIезабизелъун Россиялъ бажарарабщинаб гьабизе бугин.
Гьес гьединго абуна цоги дунялалдаса Россиялъе изоляция гьабиялъулги жинца рахъ кколарин. Гьебго заманаялда Путиница абуна Россиялъ тезе гьечIин гьелде тIадецуй гьабизегийин.
Магърибалъул улкабаз Россиялде данде санкциял гьарун руго Москваялъ Крымалъе аннексия гьабун хадуб ва гьеб гьединго хурхараб буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел сепаратистазе Россиялъ гьабулеб бугеб кверчIваялдаги.