Рузман къоялъ Газа секторалдаса ГIизраилалъул территориялде цIиял ракетиял кьабиял гьарун рукIана.
Гьениб заманалъ тIад чIезабураб маслигьаталъул болжал ахиралде щун бугоан. Гьадин лъазабуна ГIизраилалъул рагъулаб идараялъ.
Каиралда хIасил гьечIого ахиралде щвана ГIизраилалъул ва Палестинаялъул батIи-батIиял гIуцIабазул вакилзабазул кIалъа-басаял регионалда паракъали гьабиялъул суалгун гьоркьоб.
ХАМАС гIуцIиялъул бутIруз лъазабуна жидеца маслигьаталъул низам халат бахъинабизе гьечIин ГIизраилалъ ХАМАСалъул тIалабал тIуразаризе гьечIони.
Гьел тIалабазул аслияблъун ккола – Газа секторалда сверухъ гьабураб блокада нахъе бахъин.
Ахирисеб моцIалъ кIиабго рахъалда гьоркьоб багъарараб кьалда 1900 палестинияв ва ГIизраилалъул 64 рагъулав хъулухъчи чIван вуго.