Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъул кибертакъсирчагIаз миллиард чиясул паролял рикъана


Россиялъул кибертакъсирчагIазда кIвана миллиард гIанасев чиясул электронияб информация бикъизе.

Гьадин лъазабуна Америкалъул Миллуоки шагьаралда бугеб Hold Security абулеб къукъаялъ.

Гьелъул баяналда мугъ чIвай гьабун The New York Times газетаялъ лъазабуна такъсирчагIаз рикъанин 500 миллион чиясул ва идараялъул электронияб почтаялъул паролял ва балъгояб информация.

Гьадин абулеб буго Hold Security къукъаялъул бетIер Алекс Холденица.

XS
SM
MD
LG