4 августалъ, МахIачхъалаялъул «Кизлярская лагуна» абураб хIухьбахъулеб базаялда тIобитIана тIоцебесеб Халкъазда гьоркьосеб диназда гьоркьосеб гIолилазул форум.
Гьеб данделъи гIуцIун букIана Дагъистаналъул республикаялъул тIалъиялъул , гIурусазул православияб киласаялъул, Дагъистаналъул рухIияб идараялъул кумекалда.
Гьединго гьеб форум гIуцIиялъе кумек гьабун буго Дагъистаналъул ва Кавказалъул цогиял регионазул жамгIиял гIуцIиязги
Дагъистаналда форум тIобитIулеб букIин бугин бищун битIараб, щай гурелъул Дагъистаналдаса бугин бачIин киналго диназул Россиялде. Форумги цоцIул гьабун гуреб, кидаго, санайил гьабулеблъун лъугьине кколилан абуна кIалъаялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.
Гьединго ГIабдулатIиповасул бицухъе, гьединал данделъиял мадугьалихъ ругел регионалгун данд бан гьаризе руго тIаде соналдаса нахъе.
Гьединго ГIабдулатIиповас абуна, жинца кIвар бугел хIукмаби къотIулеб мехалъ кидаго Дагъистаналъул муфтиясдаги МахIачхъалаялъулгун Грозныялъул епископасдаги данд балин.Щайгурелъул халкъалъул цевехъанас киналго гIадамазул ихтиярал ращад цIунизе кколин.
РухIияб ирс цIуниялъул суал бараб бугин аслияб куцалъ гIолеб гIелалда. Гьелдаго цадахъ Россиялда хIалтIулел къануназ ихтиярал кьолин диналъул шартIал тIуразе ва дин тIибитIизабизе абун абун бицана Дагъъистаналъул муфтий АхIмад-хIажи ГIабдуллаевас.
Гьединго кIалъазе рахъана осетиялдаса ва цогиял регионаздаса гьалбал. Форумалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса блоггеразги. Гьединал блоггеразул цояй, Лейла Бахадорица, хас гьабун «Эркенлъи» радиоялъе бицана жакъасеб Дагъистаналъе ва тIолабго Кавказалъе форумалъул бугеб кIваралъул.
Гьединго абуна Дагъистаналда форум тIобитIи бищун битIараблъун бихьулин, щай гурелъул Дагъистан бугин бищун гIемерал миллаталгун цадахъ батIибатIиял динал жанир бугеб республика.
Лейла Бахадори: «Дагъистан киналго Кавказалъул республикаялзда гъорлъ бищун жанир гIемерал миллатал ругеб ва батIи-батIиял динал ругеб регион букIин хIисабалде босун, дир пикруялда, Дагъистан бищун данде кколеб бакI буго гьединаб данделъи гьабиялъе.
Жакъа Дагъистаналда цIакъ захIмат буго батIи-батIиял диналъул гIадамазе цадахъ гIумру гьабизе. Форумалде щведал дун цIакъ йохана гьенир берцинаб гара-чIвариялда батIи-батIиял гIадамал рихьидал.
Гьелдаго цадахъ гьеб данделъиялъ Дагъистаналъул имидж бахиналъе кумек гьабула. Форумалда унеб буго диалог. ГIадамаз цуцада цIехон суалал кьун лъазабулеб буго цуцазул хIакъалъулъ.
ГIадамазда батулеб буго киназего гIаммаб жо, щайгурелъул киналго диназ гIаммаб куцалъ лъикIаб гурого квешаб гьабеян абуларо. БичIчIулеб буго гIадамазул хаслъияздаса гIемераб гIаммаб жо букIин.»
Гьединго Лейлаца бицана социалиял гьиназда форум тIобитIулеб бугин жинца хъвайдал, жиндир Москваялда ва цогидал регионазда бугеб гьалмагълъи божичIила Дагъистаналда гьединаб форум тIубазе рес букIиналда.
Гьезул бераздалъун балагьидал Кавказги Дагъистанги цогиял динал нахъе цере гьабулеб бакIлъун бихьулеб бугин. Амма гьединал форумазги данделъиязги бихьулин Дагъистан ва Кавказ батIияб букIин.
Шималияб Кавказалда ислам лъазабиялъул централъул нухмалъулев, Руслан гереевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Дагъистаналда форум тIобитIиялъе гIемерал гIиллаби рукIанин ва тохлъукье бищараб гурин букIараб нилъер республика гьеб тIобитIиялъе.
Руслан Гереев: «Гьеб данделъи некIого хIажат букIана. Гьеб форумалъул хIасилалда бихьизе буго кинал галаби тIамизе ругел диниял церехъабаз диниял гьоркьолъаби лъикIлъизариялъе. Кинаб букIинесеб бугеб исламиял институтазул тIолго Кавказалда.
Гьединго Дагъистаналъул цIияв нухмалъулев таралдаса байбихьарал хис-басазул кинаб хIасил букIинебали бичIчIизе буго. Дагъистан форум тIобитIиялъе бищиялъеги рукIана гIиллаби. Дагъистаналда Каквказалда бищун гIемер диниял гIуцIиял руго.»
Кинал хIасилал рукIинелали абизе жеги цудунго бугин, амма жибго гьеб форум тIобитIиялъ кьезесеб жо щибго гьечIилан цояз бугилан цогиязабун, кIийиде бикьун буго пикру социалиял гьиназул жамгIияталъулги.
Алиса АЛДАШЕВА