Ссылки для упрощенного доступа

ОБСЕялъул экспертал щун руго Малайзиялъул авиалайнер бортараб бакIалде


ОБСЕялъул экспертазул тIоцебесеб къокъа хамиз къоялда щун буго Малайзиялъул авиалайнер бортараб бакIалде. Гьеб гIуцIиялъ Твиттералда лъазабулеб буго къокъаялда цадахъ ругин Нидерландазулги Австралиялъулги ункъго специалистин.

Украиналъул машрикъалъул регионалда рагъул къватаздаги сепаратистаздаги гьоркьор халат рахъунел тунка-гIусиязе гIоло халкъазда гьоркьосел экспертазе чанго къоялъ ресал щолел рукIинчIо «Боинг» бортараб бакIалде щвезе.

Хамиз къоялда Украиналъул рагъул идараялъ лъазабуна тунка-гIусиязул цо къоялъулаб пауза.

Хамиз къоялъго Австралиялъул къватIисел ишазул министр Джулия Бишопица лъазабуна, Малайзиялъул лайнер бортараб бакIалда жеги 80 чиясул жаназе букIине бегьулин.

17 июлалда Малайзиялъул аэроплан бортизабиялъул хIасилалда Украиналъул машрикъалъул рахъалда хвана 298 чи.

XS
SM
MD
LG