Москваялъул шагьаралъул диваналъ Россиялда гьукъараб «Хизб-ут-Тахрир аль Ислами» абураб гIуцIиялъул ункъго гIахьалчиясе бихьизабун буго тснахъалъул анкьгоялдаса 11-ялде щвезегIан сон.
Гьезде гIайиб гIунтIизабун буго экстремистияб жамгIият гIуцIиялъул, терроризмалъеги хIал гьабун нухмалъи бахъиялде хIадуржиялъе квербакъи гьабиялъул гIайиб.
ЦIех-рехалъул лъазабиялда рекъон, гьел гIадамаз чанго соналъ Москваялдаги гьелъул сверухълъиялдаги гIуцIулел рукIана гьукъараб гIуцIиялъел бутIаби, бакIарулеб букIана ярагъ ва хIадурулел рукIана хIал гьабун нухмалъи тIаса рехизе.
Москаваялъулгун гьелъул сверухълъиялъул гIуцIи хвезабуна Федералияб хасаб гIуцIиялъ 2012 соналъул хаслъихълиялъ.