Украиналда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса тIадегIанаб комиссарияталъул доклад Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна «хIакъикъаталде данде кколареблъун ва кигьумерлъичиялъулаблъун. Москваялъул ццим бахъинабун буго ООНалъул докладалда Киевалъ Украиналъул машрикъалъул рахъалда къанун ва низам нахъ буссинабиялъул мурадалда къуват хIалтIизабизе бегьулин абун хъван букIиналда бан.
КъватIисел ишазул министерлъиялъул сайталда бахъараб лъазабиялда Цолъарал миллатазул гIуцIиялде гIайиб гIунтIизабулеб буго гьединго итни къоялда загьир гьабураб докладалда I6 чи чIвараб ва гIемер чи лъукъараб «Град» система Украиналъул рагъул къуватаз хIалтIизабиялъул хIакъалъулъ щибниги хъван гьечIолъиялда банги. Жиндирго аргументал цIунун Россиялъул рахъалъ кIвар буссинабулеб буго «Гьюман райтс Уотч» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ гьединаб ярагъ хIалтIизабиялъул хIужжа чIезабун букIиналде.
Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалдаса тIадегIанаб комиссарияталъул докладалда хъвалеб буго, Украиналда конфликт байбихьаралдаса нахъе хванин бищун дагь босун 1130 чи, 3500 гIанав чи лъукъунги вугин. Улкаялъул машрикъалъул рахъалдаса лъутизе ккун вуго нусазаргоялдаса цIикIкIун чи.