Гуржиязул прокуратураялъ такъсирияб иш рагьун буго президентлъун вукIарав Михаил Саакашвилида хурхун. Гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго 2007 соналъул 7 ноябралда митингалъул гIахьалчагIи риха-хочинариялъул, «Имеди» телекомпаниялде тIадекIанцIиялда гIахьаллъиялъул ва бизнесмен Бадри Патаркацишвилил бугилъи бахъиялъул.
Гьебго ишалда хурхун гьесдаго цадахъ рехсолел руго гьединго Саакашвилил заманалда Жанисел ишазул министерлъун вукIарав Вано Мерабишвили, экс-прокурор Зураб Адеишвили, улка-цIуниялъул министрлъун вукIарав Давид Кезерашвили ва Тбирисиялъул экс-мэр Гиги Угулава.
Саакашвилица лъазабун буго, лъугьа-бахъунеб фарс кколин.