Цо магIарул росулъ бечедай ясги йокьун гьелда хадув цойги бакIалде гочинилан лъугьун вуго пуланав гIолохъанчи. Гьев цо гурони гьечIев васасда гьарун буго эбелалъ унгейин мун росулъайилан, нусалъ абун буго инилан, гьелдаго хадуб васасги такрар гьабун буго инилан. Чанго нухалъ гьарун буго гьелъ бечелъиялъе гIоло росуги, жийги реххун тун цойгидаб бакIалде унгейилан, амма гьелъухъ гIинтIамун гьечIо васас. Гьедин хIатIилгIицIго йилълъун ячIиней йигел эбелги васги нусги росурагIалда бугеб васасул инсул хабаде аскIоре щола, гьеб мехалдаги эбелалъ гьарула унгейин гьаб инсул хобги тунилан, унин гьавилан абула нусалъ, унин тIадрекъола васги.
Ахиралдаги жиндица нужее къваригIанщинабг
ТIоцебе гьеб къокъаб хабар цIалун хадуб чангиязул черхалда гъаргъар щвезабулеб батила, магIуйищ, ургъелищ, ракIбухIийищ, тIаса лъугьайин гьаризе кватIун букIиналъ унтараб ракIищ, ригьтIа рекIеда ратизариялъул роххелищ.. щибали мухIканго лъалареб гIемераб батIи-батIияб, жуба-гъубараб жо лъугьуна чиясул ботIролъ. Инсанасул гьебгощинаб хIалхисизабулеб хъвай-хъвагIай гьабизе бажарин гьеб буго унго унгояб гьунар. Чи велъизавизе яги гIодизавизе гIемераб жо къваригIунаро, амма гьев ургъизе тIамизе ккани чанги къо бихьула.. Гьедин бигьаго велъулев, гIодулезул ракI батизабулев, магIу бацIцIунев… гьелдаго цадахъ кидаго г Iадамал ургъизе тIамулевлъун хутIана халкъалъул рекIелъ моцIица цеве нилъедаса ватIалъарав магIарулазул машгьурав хъвадарухъан ва журналист ГъазимухIамад ГъалбацIов.
ГъалбацIовилан абураб мехалда нужеца цеве щивин чIолевин абун лъица цIеханиги, гIемерисез абула гьев вукIанила кидаго велъулев, ахIи-хIуралда квана-гьекъолеб бакIазда вукIунев, къачIа-кIатIарав
НекIсиял румазул аби буго цойгидазда релълъинчIев чи рикIкIине бегьулила кутакалда талихI къарав чилъунила, гьединал чагIи жамгIияталъ къабул гьаруларила, гьез жидерго нух тIаса бищун бугони, гьеб букIунила халкъ тIасан хьвадулеб шагьра нух гIадаб гуреб, къваридаб, зазилги, гъогъолги цIураб сухъмахънухилан, нагагь гьеб нухда хIетIе тарани, гьев гIодов кканиги лъицаниги гьесухъе квер кьоларилан, амма гьеб нух тIаса бищарав чи вугила унго-унгояв бахIарчийилан. Гьедин гIадамазда халкъ тIасан хьвадулеб болкъотIносан векерахъдулев вугин ккарав ГъазимухIамад ГъалбацIовги жиндирго сухъмахъалдасан ине вукIана, амма гьеб бокъинабулагоги гьесда чанги къо бихьанин бицунеб буго «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадица.
ГъазимухIамадица жиндирго гьалмагъзабазда кидаго абулеб букIун буго гьеб хвел нилъ хIинкъизе кколеб жо гурила, хунин абун живги нужеда вихьичIониги кидаго нужеда аскIов вукIунила, жив кивениги унарилан. Гьесул творчествоялъулъ
ГъазимухIамадица бищараб нух букIана магIарул халкъалъул кьвариги, къвакIиги хIинкъигьечIолъи