Ссылки для упрощенного доступа

Газа мухъ: цIикIкIунеб зулму, дагьлъулеб хьул


ХIухь балев ГIизраилалъул аскарияв. Газа мухъ, 21 июль, 2014
ХIухь балев ГIизраилалъул аскарияв. Газа мухъ, 21 июль, 2014

Газа мухъалда халат бахъунеб зумлумаялъул гIайиб цоцазде гIунтIизабулеб буго ГIизраилалъул тIадтаразги ХАМА гIуцIиялъул церехъабазги. Къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго къурабаназул къадарги.

ГIизраилалъул аскарияз лъазабуна талат къоялъ Газа мухалда багъарараб кьалда чIварав цо аскариясул жаназа камунин. Анлъгоясул жаназа батун бугин. Гьел киналго чIван ругин гьатIан къоялъ ГIизраилалъул рагъулаб автомашинаялде палестиниязул рагъухъабаз гьабураб гьужумалъул хIасилалда.

ХАМАС гIуцIиялъ лъазабуна жидеца цо аскарияв асир гьавунин, амма ГIизраилалъул тIадтараз гьеб хIужа нахъ чIвалеб буго.

8 июлялда ГIизраилалъул аскарияз ХАМАС гIуцIиялде данде багъарараб рагъулаб операциялъул хIасилалда 550-гIанасев палестинияв чIван вуго.

Аслияб къагIидаялда ракълилал гIадамал, ян лъазабуна Палестинаялъул тIадтараз. ГIизраилалъул колмандованиялъул лъазабиялда рекъон чIван вугин 183 къеркьохъан.

ЦIикIкIунеб буго чIварал ГIизраилалъул аскариязул къадарги. Жакъа къоялде чIван вуго ГIизраилалъул 27 рагъулав хъулухъчи ва кIиго гIадатияв инсан.

Газа мухъалда зулму лъугIизаби мурадалда ГIагараб Машрикъалде сапар бухьун буго Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица.

Каиралда гьев данделъана Мисралъул къватIисел ишазул министр Самех Шукригун. Миср ккола ГIизраилалъулгун-палестиниязул конфликталда гIоркьохъанлъи гьабулеб улка.

ГIагардисеб заманалда гьениве вачIине вуго Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул Генералияв секретарь Бан Ги Мунги

Дунялалъул политиказги, экспертазги дандбалеб буго ГIагараб Машрикъалда бугеб ахIвал-хIалалъул суал.

Лондоналда вугев политикияв комментатор, Машрикъ лъазабулев гIалимчи Андрей Остальскияс Эркенлъи радиоялъе баян кьолаго, берщвезабулеб буго ГIараб-мацIалъул прессалде.

Жив гIажаивлъанин гьадинаб хIужаялъ. Газетабазда комментариял кьолаго, цо-цо бусурбабаз абулеб буго ХАМАС гIуцIиялъул къадру хвезабун бугин, гьелъ палестиниязул би бичун букIиналъ. Остальскияс бачунеб буго гьадинаб мисал – цIар арав блоггер КамальЖабраилица ХАМАС гуIуцIиялъул церехъабазе къимат кьолаго, абулеб буго гьел Саддам ХIусенида релъарал ругин.

Цо диктаторас, ялъуни цо къукъаялъ жиндир интересазе гIоло жиндирго халкъ гъоркьлъалие босун букIин гьеб кколин кIудияб балагь, ян абулеб буго рехсараб блоггерас. Гьесул хIисабалда ХАМАС гIуцIиялъ гьарулел ишаз ГIизраилалъе рес кьолеб буго тIокIаб чара гьечIого цIикIкIараб къуват хIалтIизабизе.

Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна, Америкалъ кIудияб кIвар кьолеб бугин ГIагараб Машрикъалда бугеб ахIвал-хIалалъе. ГIадатиял палестиниял цIикIкIараб къадаралда чIваялъ рахIат хвезабулеб буго, ян хIасил гьабуна Америкалъул президентас.

XS
SM
MD
LG