Газа мухъалъул шималияб рахъалде ГIизраилалъул аскарияз гьабураб гьужумалъул хIасилалда микьго чи бугеб хъизам тIубанго чIван буго. Гьездаса ункъгояв ккола лъимал.
Жеги анкьго чи чIван вуго Хан-Юнис абулеб шагьаралде гьабураб гьавадул кьабиялъул хIасилалда. Палестинаялъул тIалъиялъул баяналда рекъон ахирисел къояз ГIизраилалъул армиялъ гьарурал тIаде-кIанцIиязул хIасилалда лъабнусгогIан палестинияв къурбанъун кканин.
Шамат къоялъ ГIагараб Машрикъалде сапргун вачIун вуго Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Бан Ги Муница. Гьесул сапаралъул мурад – ГIизраилалъулгун палестиниязул ракълилал кIалъа-басаял цIигьари ва гьезулъ гьоркьохъанлъи гьаби.