Ссылки для упрощенного доступа

"Авлахъазул командиразул" бицараб тIехь диванханаялда


Къадыровасул рахъ кколез рухlулел руго яргъидгlуцlаразул лидеразул суратал, Грозный, 26Окт2010
Къадыровасул рахъ кколез рухlулел руго яргъидгlуцlаразул лидеразул суратал, Грозный, 26Окт2010

Владивостокалъул Фрунзенский мухъалъул диванханаялда моцIалдасаги цIикIкIун заманаялъ халат бахъунеб буго «Ударные отряды против Путина» ай «Путиниде данде аслиял къукъаби» абураб тIехь экстремистияб бугищали лъазабиялда хурхараб процесс. ТIехьалда бицунеб буго цо-цо "авлахъалъул командирал" абулел чагIазул, исламиял идеологазул ва россиялъул нацистазул гlумруялъулги, кьолел руго гьезул текстазул цитатабиги.

Эстремистияб бугищан жинда тIад диваналъул процесс унеб «Ударные отряды против Путина» ай «Путиниде данде аслиял къукъаби» абулеб тIехь эркенго бичулеб буго Россиялъул тIахьал ричулел тукабазда.

ТIехьалда хъваралда сверун диваналъул процесс гьелъул автораз гIумру гьабулеб Москваялде бахъеян абураб гьариялъул мурад Владивостокалъул диванханаялъ тIубан гьечIо, гьелъулъ «экстремизмалъул гIаламатал» Приморьеялда ратанин абун.

Диванаханаялда тIатун буго «экстремизмалъул гIаламатал» ратараб гьеб тIехьалъул экспертиза прокуратураялъ гуреб, экстремизмалде дандечIей гьабулеб идараялъ ай «Э» абулеб бакIалъул Централъ тIадкъараб букIин. Гьеб гьабунги буго экономикаялда ва сервисалда хурхун Владивостокалъул пачалихъияб университеталда.

Гьеб экспертизалъул баяназда рекъон, гьеб тIехьалъ бекьулеб буго милияб ва динияб рокьукълъи ва ритIухъ гьабулеб буго терроризм. Сервисалъул университеталдаса экспертасул пикруялда, гьеб тIехьалда террористиял ва экстремистиял къукъаязул активация хурхинабулеб буго квешаб экономикияб ахIвал-хIалалдаги, полициялъул вахIщилъиялдаги, диванаханабазул ритIухълъи гьечIолъиялдаги.

Гьеб тIехьалда радикалиял текстаздаса гIемерал цитатаби кьейги радикалиял бербалагьиязе пропаганда гьабиялде сверизе бегьулин рикIкIунеб буго экспертас.

«Ударные отряды против Путина» ай «Путиниде данде аслиял къукъаби» абулеб тIехьалъул авторал Илья Фальковскиясул ва Александра Литоясул мурадал цIунулел руго Владивостокалдаса адвокат- Приморскалъул инсанасул ихтиярал цIунулеб централдаса юрист Павел Маракулиница. Гьес кьун буго цебесеб экспертизаялъул хIасилазда тIасан диванаханаялде гIарза ва гьесул мурад тIубазабун диваналъ хIукму гьабун буго гьеб тIехьалъе цоги экспертиза гьабизе.

Маракулинида нижеда гьикъана цебесеб экспертизаялъул гъалатIал кинал рукIаралин.

Павел Маракулин: «Цо бугони, экспертиза гьабун буго процессуалиял рихьизариялги хвезарун. Байбихьудасаго экспертасда лъазабун букIун гьечIо мекъаб баян кьуни гьев жавабчилъиялде цIазе рес букIиналъул. Гьелъ гьесул экспертизаялъул къиматги гIодобе ккезабулеб буго.

КIиабизе бугониги, экспертасда цебе лъун букIана кIиго суал. Экспертас абуни жиндирго хIасилаб баяналда жаваб кьолеб буго щуго суалалъе ай жинда цере лъечIел суалазе. Киса гьес жеги лъабго суал босарабали бичIчIулеб гьечIо. Гьелъ бихьизабулеб буго экспертас жиндир компетенциялъул гIурхъаби рахун рукIин.

Лъабабизе бугони, Жанисел ишазул министерлъиялъул Приморский мухъалъул бутIаялда экстремизмалде дандечIей гьабулеб идараялъ экспертасда цебе лъун букIана комплексияб экспертиза гьабиялъул суал ай батIи-батIиял махщелчагIиги-психологал, лингвистал, дин лъазабулел, философал, политологал- журазарун экспертиза гьабизе.

Гьеб экспертиза абуни гьабун буго цо чияс.

Гьединлъидал гьеб экспертиза тIехьалда сверун хIукму къотIизе гIураб далиллъун нижеца рикIкIунаро».

«Сова» абулеб информациялъулгун аналитикаялъул централъул директор Александр Верховскиясул баяназда рекъон, экстремистияб абун Россиялда гьукъараб тIоцебесеб тIехьлъун лъугьун буго 18 гIасруялъ къватIибе бачIараб «Шайих МухIамад ибн ГIабдул Вагьабил гIумру» абулеб тIехь. Экстремистиял материалазул федералияб сияхIалда гьеб тIехьалъ кколеб буго 77 бакIал ва гьеб гьукъун букIун буго 2007 соналда. Жакъа гьеб сияхIалда буго 2300 тIехь.

Радикалиял текстаздаса гIемерал цитатаби кьолел рукIаниги «Ударные отряды против Путина» абулеб тIехь экстремистияблъун рикIкIунеб гьечIо «Сова» централъ.

Жинца дандегьабураб тIехь экстремистияб бугин чIезабизе рахъараздаса диванханаялда гьеб цIунизе бажарун букIана «Международный трибунал для Чечни» ай «Чачанлъиялъе халкъаздагьоркьосеб трибунал» абулеб тIехь басамаялда бахъарав Станислав Дмитриевскиясда. Информалатазе гьес бицухъе, гьесие икъбал щун буго унго-унгоги гьеб ахIвал-хIалалде гъорлъе ваккун диванчиясе ритIухълъи чIезабизе бокьиялъ.

Жинца мурадал цIунулел авторазул «Ударные отряды против Путина» абулеб тIехьалъул ишалда сверун процесс бачунев диванчиясеги ритIухълъи чIезабизе бокьизе букIиналда хьул буго адвокат Павел Маракулинил.

XS
SM
MD
LG