Сириялъул ва ГIиракъалъул кIудияб территориялъе контроль гьабулел ругел яргъидгIуцIаразул лидерас Мосулалъул мажгиталда вагIза гьабулеб абураб видео кьун буго интернеталда. 5 июлалда сайтазда баккараб гьелда вугин абулеб буго Абу Бакр аль-Багъдади. Гьев ккола «ГIиракъалда ва Левантаялда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъул ай ISILалъул бетIер. 29 июналда ISIL гIуцIулеб букIиналъул лъазабурав Багъдадица гьеб видеоялда бусурбаби ахIулел руго «жив Аллагьасе мукIурлъанагIан жиндие мукIурлъизе».
БотIрода чIегIераб чалма къарав ва чIегIераб хъабарча ретIарав Багъдади абулев чияс гьединго лъазабулеб букIана Исламияб пачалихъ гIуцIиялъулги. Абулеб буго гьеб бугин рузман къо 4 июлалда бахъараб видеойин. Амма гьенив вихьизавулев чи Багъдади вугин мухIкан абизе кIолеб гьечIо видео квешаб букIиналъ. ISILалъ Мосул кверде босун букIана араб моцIалда.