Киевалда Незалежности майданалда гьатIан къоялда тIобитIана иргадулаб халкъияб вече ай данделъи. Гьедин лъазабулеб буго гьеб гIуцIараз. Акциялъул гIахьалчагIаз абулеб буго Майдан кибениги ине гьечIин ва гьенире унго-унгоял патриотал тIадруссунел ругин. Гьезул рагIабазда рекъон, баррикадаби риххизе бегьуларел руго араб хасало гьенир рукIаразде «Беркуталъ» кьвагьиялъул киналго далилал ракIаризегIан.
Гьебго заманаялда Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабулеб буго улкаялъул машрикъалъул рахъалда цо рахъалъалъ кьвагьи чIезабиялъул хабарго гьечIин. Гьедин лъазабуна журналистазе улка ва миллияб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца.
Гьесул рагIабазда рекъон, президентас абун буго кьвагьи чIезабизе бугин «яргъидгIуцIараз, хабар тун, ярагъги нахъе кьураб, гъоркьлъалие росарал ва асирал эркенги гьарураб ва ОБСЕялъул гIахьалчагIигун рекъон украиналъулгун-россиялъул гIорхъода контрольги чIезабураб мехалда».
Сепаратистазул къуватал нахъе къараб Донецкалда гьатIан къо парахатго унеб букIана. Гьедин лъазабулеб буго шагьаралъул официалияб сайталъ.
Гьебго заманялда украиналъул аскарияз жидерго тIубараб контроль чIезабун буго Донецк икълималъул Славянск ва Краматорск шагьаразда тIад.