Украиналъул гъурхъаби цIунулезул ичIго чи лъукъун вуго Луганск икълималда россиялъулгун-украиналъул гъорхъода гьезде кьвагьараб мехалда.
Украиналъул гIурхъаби цIуниялъул рахъалъ пачалихъияб хъулухъалъ лъазабулеб буго хамиз къоялъул радал сепаратистазул рикIкIадаб чIовудабакIалдасан минометал кьвагьанин гIурхъаби цIунулел рукIараб бакIалдейин. Гьез гьединго абулеб буго кьвагьараб чанго гумпара Россиялъул рахъалдеги щванин.
Россиялъул рахъалде кьвагьиял щун рукIин уяб гьабуна Россиялъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул рахъалъ Федералияб хъулухъалъул Ростовалда бугеб бутIаялда. Цересел баяназда рекъон, зарал ккарал гьечIо.
Амма хадусан россиялъул рахъалъ лъазабуна гьел кьвагьиязул хIасилалда зарал гьабун бугин автовокзалалъул минаялъеги инфраструктуралъейигин.