Украиналда Славянскалда гъоркьехун чIван вуго 250-ялдаса цIикIкIун сепаратист. Гьедин лъазабулеб буго LB.ua абулеб Украиналъул интернет-сайталъ рагъулазда мугъчIвайги гьабулаго. Гьезул баяназда рекъон, сепаратистазда кьаби щвезабулеб букIун буго Днепропетровскалъул гьавадулгун-десанталъул 25-билеб батIа чIараб бригадаялъ. Гьезул ишан букIун буго сепаратистаз чIей гьабулеб мархьи.
Сепаратистаз абуни лъазабулеб буго жидеца гьужум гьабунин Карачун магIарда ругел Украиналъул аскарияздейин.