Киевалда Украиналъул президентасул администрациялда цере гьатIан къоялда ракIарараз тIалаб гьабулеб букIана улкаялъул машрикъалъул рахъалда ругел «террористазде» данде тадбирал тIоритIизе. Аза-зар чи, гьездаго гьоркьор «Донбас» абулеб спецбатальоналъул рагъахъаби, ракIарун рукIана гьенире президент Петр Порошенкохъе жидерго тIалабал гIунтIизаризе. Гьелги президентасухъе кьун халкъалъ нух босана Незалежности Майданалде халкъияб вечеялде. Гьез тIалаб гьабулеб буго пайда гьечIеб «рекъел чIезабиги» къотIизабун «террористиял гIуцIабазде» данде кьварарал тадбирал тIоритIизе.