Гьел риххизаризе хIукму гьабун букIана МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ. Валюта хисулел бакIазул бетIергьабазда февралалдаго лъазабун букIана гьелъул хIакъалъулъ. Амма гьез кIвар кьечIого тана гьеб лъазаби.
Зарипат МухIамадова: «Радал сагIат анкьгоялда ахIи-хIурги рагIун, рос вахъинавуна дица тIаде, хасаб операция байбихьун батилин ккана дида. Цинги гордухъан ралагьидал бихьана экскаваторалги рачIун, валюта бича-хисулел бакIал риххизарулел.
Валюта банкалъ гурони хисизе бегьуларо. Гьединлъидал гьел риххизари лъикI ккана. ДандечIейги букIинчIо гьел бакIазул бетIергьабазул. Гьезда лъалеб батила гьелъул жо кколареблъи. Гьениб рагъулаб техникаги букIана гIезегIан».
Дагъистаналъул тахшагьаралда валюта хисулел бакIал раккана цебесеб гIасруялъул 90 абилел соназул байбихьуда, битIун пачалихъалъул цебесеб гIуцIи хисараб мехалда.
Аслияб куцалда гьезул бетIергьаби кколаан дарги миллаталъул гIадамал, гьелги Хважалмахьиса чагIи. Гьедин гьеб къватIалда цIаргицин махсара гьабун абулаан Хважалмахьиса 26 валютачиясул къватIилан. Жибго советияб заманалда гьелда цIар букIана Бакуялъул 26 комиссарасул къватIилан.
МахIачхъалаялда батIи-батIиял харбал руго гьеб валюта хисулел чагIазда нахъасан. Гьезул цояб загьир гьабуна ЭР-ялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабулев Тимур ГIалиевас.
Тимур ГIалиев: «Валюта хисулел бакIал нахъе рахъун лъикI гьечIищха. Гурони, гьениб гIемераб ришватчилъи букIана, къануналда данде кколаредухъ гIарац хисулеб букIана, наркотикал ричулел рукIана, ярагъ бичулеб букIана. ЧIвай-хъвей букIана.
Шагьаралда нух къварид гьабулеб букIана, гIадамазе хьвадизе квалквал букIана. Бокьарав чиясе гIарац кьолаан гьениса, гъоркьлъалие жоги тун. Лицензияги гьечIого гIарац хисулаан гьениб.
Банкалдасан кьолароха бокьанагIан гIарац, гьенисан кьолаан. Лъиениги магъалабиги кьолароан гьез. Хважалмахьиса къокъаялъул бакIал рукIана гьел. Гьезда нахъа экс-мэр Амировги вукIана. Гьанже гьев нахъе ун хадуб кIвана гьел нахъе гъезе.
Гьебги республикаялъул нухмалъулесул хIукмуялдалъун гьабулеб жо буго. Шагьаралда хIалтIи гьабулеб букIин бихьулеб бугоха».
ПалхIасил, валюта, хас гьабун долларал, хисизе дагъистаниял гьезухъе унаан. Гьениб бигьаго бича-хисулаан гьеб. Абулаан гьеб бакIалда валютаги гIезегIан учузаб букIунилан.
Гьенисан пачалихъалъе магъалаби рачIунел рукIаралалищали щакаб жолъун рикIкIунаан республикаялда жалго магъалабазул инспекциязул хIалтIухъабаз.
Валюта хисулел бакIал риххизаризе кколин абун бицен цебегоялдаса букIана, амма гIемерисел божулел рукIинчIо гьелда. Цо-цо баяназда рекъон, гьезда нахъа рукIана МахIачхъалаялъул экс-мэр СагIид Амировасулги, республикаялъул нухмалъиялда рукIарал МухIамадовазул чагIи.
Гьанже Дагъистаналъул бетIерлъиялда хиса-басиял ккана. Хисана республикаялъул нухмалъулевги, тахшагьаралъул мэрги. Гьединлъидал бажаранин Ярагъиясул къватIги валютачагIаздаса бацIцIад гьабунин абулеб буго цо-цо махIачхъалаялъулаз.