Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна, нагагьлъун Россиялъул рахъ ккурал сепаратистаз заман цIазелъун кьвагьдей чIезабиялъул режим хIалтIизабулеб бугони, жиндир бугин альтернативияб плангиян.
Гьеб планалъул мухIканлъаби гьес къватIир чIвазаричIо. КьвагьдунгутIиялъул анкьалъул план Украиналъул президентас лъазабуна 20 июналда Донецк областалде визит гьабулеб мехалда.
Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна жинца рахъ кколин Порошенкол планалъулин. Амайин, жубана гьес, хIакъал галаби гьечIого, гьеб планалъул асар букIунарин.
Гьелда цебе Россиялъул рахъалъ лъазабун букIана гьеб план ультиматумалда релъинаб бугин.