Цолъарал Штатазул конгрессалъул вакильзабазул палатаялъул спикер Джон Бейнерица лъазабуна , жив чIван къутIун данде вугин, ГIиракъалда суннитазул гьужум чIезабиялъул мурадгун Ирангун хIалтIизеян. «Дида кIола цебечIезабизе, кинал пикраби раккизе бегьулелали регионалда нилъер рахъ кколел партнеразул, Тегераналъ терроризмалъе гIарац биччай ва террористал рахчизе жиндирго территориялда рес кьей халат бахъунеб мехалда Ираналде хитIаб гьабулеб букIиналда бан.» - ян лъазабун буго гьес.
Гьединаб комментарий Байнерица гьабун буго гIиракъалда бугеб ситуация гьоркьоб лъеялъул мурадалда президент Барак Обамагун Конгрессалъул лидерал данчIвазе хIадурулел рукIин ракIалдеги босун.
ГIиракъалда бан Ираналъулгун гьоркьорлъаби гIуцIиялда хурхараб суалалда бан сенаталда ругел республиканиязул пикраби кIирикьун руго.