ГIиракъалъул хIинкъигьечIолъиялъул къуватаз жидерго контролалде гъоркье босун буго Баджи шагьаралда бугеб нартил цIатари биччалеб завод.
Амма шагьаралда улкаялъул хIинкъигьечIолъиялъул къуватаздаги «ГIиракъалъулги Левантеялъулги исламия пачалихъ» абураб радикалиял исламистазул къокъабаздаги гьоркьоб тунка-гIусиял халат рахъунел руго.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго ГIиракъалъул нухмалъиялъ.
Амма «Аль-Арабия» телеканалалъ бахъараб видеоялда заводалда минабазда тIад бихьулеб буго ккуй ва исламистазул чIегIераб байрахъ.
ГIиракъалъул хIукуматалъ Цолъарал Штатазда гьарана улкаялъул кIудиял мухъал ккурал экстремистазул базабазда гьаваялдаса кьабиял щвезареян. Вашингтоналъ гьанжеги жаваб кьун гьечIо.
Сенаталда республиканиязул лидер Митч МакКоннелица арбагI къоялъ лъазабуна, ГIиракъалда рагъулаб операция тIобитIиялъе президент Барак Обамае Конгрессалъул разилъи къваригIине гьечIин.