Итни къоялъ радал Россиялъ гьоркьоб къотIизабуна Украиналде газ кьаби. РогIорабазул системаялде жанибе цIатари кьолеб буго гIицIго Евроцолъиялъе бичулеб къадаралъ.
Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Ураиналъул энергетикаялъул министр Юрий Проданица. Гьесулго рагIабазда, Украина хIадураб букIана гьединаб сценариялде ва данде бакIарараб газалъул къадар гIезе бегьула декабралде щвезегIан.
Проданица кIвар буссинабуна улкаялъ газалъул транзиталъул тIадеросиял букIине кколеб къагIидаялда тIуразаризе рукIиналде. Лъабго рахъалъулал (Россия-Евроцолъи-Украина) газалъул дармил рахъалдаса кIалъа-басаяз хIасилал кьечIолъиялда бан, «Газпромалъ» Украиналъе лъазабуна тIоцебе гIарац кьеялъул режим.
Россиялъул газалъул концерналъ лъазабулеб буго, Украиналда тIад бугин 4.5 миллиард долларалъул налъиян. «Нафтогазалъин» абуни, лъазабулеб буго жакъасеб багьа ритIукъаб бугин.
КIиябго компаниялъ Стокгольмалъул халкъазда гьоркьосеб арбитражалде цоцаде тIад гIарзаби кьун руго.