Гуржиялда гьатIан къоялда тIоритIулел рукIана бакIазул рищиял. Улкаялъул пресс-централъ лъазабулеб букIана къо къалъилалде гьезда гIахьаллъанин халкъалъул 17-гIагарун процентин. Вищизе кколев вукIана 12 шагьаралъул мэрги 59 мухъалъул администрациялъул бетIерги.