Ахирал къоязда 500 азагогIан чияс тезе ккун буго ГIиракъалъул Мосул шагьар ва гьелъул сверухълъи. Гьелъие гIиллалъун ккун буго экстремистаз шагьаралда тIад контроль чIезаби. Гьединал баянал кьолел руго Женеваялда бугеб миграциялда сверун Халкъаздагьоркьосеб идараялъ.
Талат къоялда кверде босараб Мосулалда тIад щулияб контроль чIезабун буго арбагI къоялде Аль-КъагIидагун бухьен бугеб «ГIиракъалда ва Левантаялда исламияб пачалихъ» абулеб къукъаялъ. Гьедин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.
Гьеб къукъаялъул чагIаз кверде росун руго административиял минаби ва къватIазда хъваравуллъи чIезабун буго ярагъ борчарал гIадамаз.
АрбагI къоялда гьезго кверде босун буго Мосулалдаса рикIкIад гьечIеб Байджи шагьарги.
ГIиракъалъул парламенталъ хамиз къоялда гьоркьоб лъезе буго премьер
Нури Аль-Маликица гьабураб улкаялда гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам лъазабиялъул цебелъей.