Итни къоялъул радакь Гъунисан Хъупае унеб нухда кьвагьун буго ВАЗ 2110 автомобиль. Гьенив жанив рекIун вукIарав кIиго чиги хун вуго. ЦIех-рехчагIаз лъазабухъе гьел чагIи цойгидаб бакIалда кьвагьи бахъинабизе гьеб кьвагьулеб алатги босун рачIине рукIун руго, амма нухда гьеб жибго жиндасан кьвагьун буго. Къуваталъул идарабаз кьурал мухIканал гурел баяназда рекъон гьел кколел руго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъа гIадамал.
Расул Темирбеков: «ЧIваразул цояв вуго Сугъралъа 1968 соналъ гьавурав Агъаев Мухтар вугин чIезабун буго цIех-рехчагIаз, амма гьебги жеги мухIканаб баян бугин абизе бегьуларо, щай гурелъул экспертаз ракIчIун жеги гьев щивали чIезабун гьечIо. КIиабилев чи щивали лъалеб гьечIо жеги, гьев лъазабизеги захIмалъулеб буго жаназа цIакъго бухIун, щущазабун букIиналъ».
Гьесул рагIабазда рекъон кьвагьулеб алаталъул къуват жеги чIезабун гьечIо, амма гьеб гIезегIан къуватаб букIун буго, гьеб кьвагьиялъ автомобилалъеги цIакъ кIудияб заралги гьабун буго.
Гьел хварав Агъаев Мухтарил хIакъалъулъ мухIканал баянал щвезе «Эркенлъи» радиоялъе Сугъралъ росдал бегавуласдаса бахъараб, гьеб росулъа журналистазде щвезегIан ахIана, амма цохIонигияз гьесул хIакъалъулъ чIван къотIараб жо бицинчIо. Гьездасан цохIо лъазе кIвана кьвагьараб автомобилалъув вукIарав щивали жеги чIезавун бажаринчIев чи Сугъралъа НурмухIамадов Шапи ватизе бегьулин абурал баянал. Гьесул вац НурмухIамадов Мурад, изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъа чи вукIиналъ цIех-рехалде лъазавун вуго.
БатIи-батIиял бакIаздасан «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон Агъаев Мухтар вукIун вуго сугъулдерил салафиязул бетIер. Живго ярагъги кодое босун къватIиве вахъинчIониги гIолохъаби гьеб нухда ккезавулев, гьезул рухIияв бетIер вукIанила гьевилан абурал баяналги руго.
Гьев вукIун вуго жиндир заманалда лъикIаб рагъулаб ва спортивияб хIадурлъи щварав, хасал тIадкъаял тIуразарулел асказарда хъулухъ гьабулев вукIарав чи. Гьединго гьев Пачалихъалъул Наркотиказде дандечIараб идараялда хъулухъ гьабун полковникасул цIарги букIун буго гьев Агъаевасул. ГIемер чиясе дандеккколарев чи вукIанила гьев, бугелда бугебги абулеб, ритIухълъиялда хадув лъугьун вукIунаанила кидаго, гIолохъабаз цIакъ гьесул адаб гьабулеб букIинги гIемерисезе бокьулеб букIинчIин абулеб буго гьев лъалев вукIараз. Гьедин Сугъралъ росдал жамагIат росулъ нухмалъи гьабизе къваригIиналъ бикь-бикьун буго. Гьел рикьалабазда гьоркьобги дандеккунгутIабиги, хIатта дандечIейгицин камулебги букIун гьечIо.
Цо гьединаб рикьелалъул бетIер Россиялъул пачалихъияб думаялъул депутат ГIисаев Шамиль чIвазехъин вукIанинги абун, Агъаев Мухтар 4 соналъ туснахъ гьавунги вукIун вуго. Гьес щивго чIвазехъин вукIинчIила, гьев вокьуларел чагIаз ургъунго цевеса тIагIинавизе туснахъалде ккезавунила Агъаев Мухтарилан абулеб буго гьесул сверухълъиялъ.
Цебе лъикIаб рахъалъ гурони рагIулареб букIараб Гъуниб мухъ гьаб ахираб заманалда жаниб кьвагьи-гIанхъиялъулги чIвай-хъвеялъулги рахъалъ гурони рагIулеб гьечIо.
МоцIида жаниб гьениб лъабабилеб нухалъ терроралъулаб иш гьабун буго. Цин 8 маялъул сардилъ Сугъралъ ВатIанияб Рагъул бахIарзазе бараб монумент кьвагьизабуна, гьелдаса хадуб чанго къоялдасан гьеб росдада аскIоб изнугьечIого яргъидгIуцIараз полициялъул хIалтIухъабазде тIадекIанцIи гьабуна. Гьелъул хIасилалда Гъуниб мухъалъул 3 полициялъулав чIвана ва 7 чи лъукъана.
Гьелдасаги хадуб маялъул ахиралда гьебго мухъалъул
Сугъулдеридаги ГIутIибги росдада гьоркьоб бугеб бакIалда хал-шал гьабулаго полициялъулал тIаде ккун руго изнугьечIого яргъидгIуцIаразул цо къокъаялде. Гьезда гьоркьоб ккараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда цо изнугьечIого яргъидгIуцIарав чIвана ва цо полициялъул хIалтIухъан лъукъана.
Гьел киналго хIужжабиги хIисабалде росун 6 июналда Гъуниб мухъалда тIобитIана Дагъистаналъул терроризмалде дандечIараб комиссиялъул данделъи. Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги гIахьаллъи гьабуна гьениб. Гьес гъунисезул жамагIаталда абуна гьеб мухъалда кколел ругел балагьал ишазе гIиллалъун гIадамазул ургъелгьечIолъи бугила. Киналго рахъун, щибаб жамагIаталъ гьеб рагъ-кьал тIагIинабизе хIалтIи гьабизе кколила. Жидеца лъицаниги вагьабияздеги, салафияздеги данде рагъ балеб гьечIила, гIадамал чIвалел чагIазде данде къеркьолел ругила жал, нилъ киналго цо Аллагьасда гъоркь ругел бусурбаби ругила, нилъер цо Къуранги, хIадисги, суннаги бугила гьединлъидал лъиениги щивниги чIвазе ихтияр кьун гьечIил нилъер диналъилан лъазабуна ГIабдулатIиповас.
Гьединго Дагъистаналъул бетIерас Гъуним мухъалъул нухмалъулев МухIамадов Пахрудинидеги гIемераб гIайиб-гъвел гьабун буго гьеб мухъалда гIадлу-низам букIинабулеб гьечIилан абун. Гьеб терроризм мухъалда баккизе тей бищун цебе нухмалъиялъул гIайиб бугила, лъабго моцIил болжазда жаниб мухъ рукIалиде бачинчIони мун хъулухъалдаса вахъизе вугинги лъазабун буго МухIамадов Пахрудинида Дагъистаналъул бетIерас.