Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанистаналда лъин кIанцIиялдаса хун вуго нусгоялдаса цIикIкIун чи


Афгъанистаналъул шималияб рахъалда бугеб Баглан провинциялда лъин кIанцIиялъул ва ракь ччукIиялъул хIасилалда хун вуго нусгоялдасаги цIикIкIун чи. Нус-нус чи нахъе ине ккун вуго жидерго рукъзал тун.

Гьелъул хIакъалъулъ нижер радиоялъул мухбиразда лъазабун буго бакIалъулаб администрациялъул бетIерас. Гьесул рагIабазда, хварал рукIун руго Гухаргахи-Нур абураб мухъалъул гIадамал. Гьенир биххун буго нус-нус мина. Гьениб унеб буго хвасарлъиялъул операция.

Чанго соналъ букIараб бухIараб гьава-бакъалда хадуб Афгъанистаналъул шималиябги машрикъалъулги мухъазда ран руго гьарзаял цIадал. Лъеде гъоркье кколел руго кIудиял территорияби.

Апрелалдаги маялдаги гьенир нусго гIанав чи хун вуго гьебго багьанаялъе гIоло. Аза-азар чияс тезе ккана жидерго бакIал.
XS
SM
MD
LG