Хамиз къоялъ Сугъралъ росдал жамагIаталъул данделъи ахIиялъе аслияб гIилла ккун буго дагьал церегIан къояз гьеб мухъалъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъ полициялъул хIалтIухъабазде тIадекIанцIи гьаби. Гьеб балагьаб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда 3 полициялъулав чIвана ва 7 лъукъана.
Гьединлъидал экстремизмалде данде рахъине кколин, цадахъ рахъун гьелде данде къеркьечIони хIасил букIунарин лъазабулеб букIана гьеб дандеруссиналда.
Хас гьабун гIахьаллъи гьабизе Сугъралъе рачIун рукIана Дагъистаналъул бетIерасул жанисеб политикаялъул идараялъул нухмалъулев Исрапилов Артурицаги, Сугъралъа республикаялъул жамгIияб палатаялъул бетIер ХIамзатов ХIамзатицаги, Дагъистаналъул бетIерасул гIакълучи Амиров Сатмарицаги.
Гьел киналго кIалъаре рахъараз лъазабун буго росулъ рикьалаби риччазе бегьуларин, цоцалъ гъункун рукIине кколиланги.
Данделъиялда гIахьаллъи гьабун буго кинабниги 300 гIан чияс. Гьеб экстремистазде данде къеркьезе ккеялъул хIакъалъулъ кIалъаял гьарулаго гьеб тадбиралъул цо-цо гIахьалчагIаз абун буго росулъ ругелщинал салафиял нахъе къотIизе кколилан.
Гьединго росулъ гьел эксремистал тIатинаризе, гьел ралагьизе полициялъулазе кумек гьабиялъе хасал жидеего бокьун гIадлу-низам цIунизе рахъаразул къокъаби ай дружинаби гIуцIине кколинги лъазабун буго данделъиялъул гIахьалчагIаз. Амма экстремизмалде данде къергьезе гьел къагIидаби хIалтIизаруни гьелъ лъикIалде рачунарин рикIкIунеб буго цо-цо сугъулдерица.
Гьединазда гьоркьов вуго сугралъа «Новое Дело» газеталъул бетIерав редактор Сагидов ХIажимурадги. «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьес бицана сугъулдерил жамгIаталда гьоркьор чанги дандеккунгутIиялги, проблемаби рукIинги хIакъаб жо бугила, амма росулъ бугеб захIматаб хIал гьел дружиниказ дагьабги хIалуцинабун гурони лъикIлъизабуларилан.
Сагидов ХIажимурад: «Дир пикруялда рекъон гьел дружинаби къваригIарал жал гуро, гьел гIуцIияз квешал хIасилалде рачине бегьула. Нагагь гьедин ккани пачалихъалъ киданиги гьелъул жавабги кьоларо.
Халкъалъ улкаялъе гIезегIан магъалабиги кьун кигIан бокьаниги гIемер къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби хьихьун руго гури. Гьез гьабизе те ха жидедаго тIадаб хIалтIи. Гьел щибизе ругел чагIи?
Цойгидазе щолареб гIанасеб гIарацги кьун тун ругел гьел хасал идарабаз гьабизе кколеб хIалтIи дружиниказде реххи гьеб расги лъикIаб жо гуро.
ТIадежоялъе гIадамал цоцалъ разаризеги бегьула гьелъ. Цониги чи жив дружиник вугинги абун гIадлаби гьаризе лъугьаниги, росуцоязда гьеб данде ккеларо, гьелъие гIоло гIадамазда гьоркьоб кьалги ккезе бегьула.
Гьадингоги росулъ бугеб захIматаб хIалалде тIаде гьеб тунка-гIусиги расги хIажат гьечIо. Гьел кодоб ярагъги ккун рагъуе хIадурарал экстремистазде данде дружиникал тIами, дир пикруялда рекъон гIадалаб иш буго».
Гьединго ХIажимурадил пикруялда рекъон дагьаб цебегIан гьениб изнугьечIого яргъидгIуцIараздаги, полициялъул хIалтIухъабаздаги гьоркьоб ккараб рагъ-кьалалда низамцIунулезе кIудияб ками ккеялъе гIайиб буго къуваталъул идарабазул нухмалъиялда.
Сагидов ХIажимурад: «Дагьаб цебегIан Гъуниб мухъалда ккараб-таралъ бихьизабулеб буго республикаялъул къуваталъул идарабазул нахъеккей. Щай гурелъул, кодоб ярагъги бугел, рагъуе лъикI хIадурарал экстремистазде данде гIадатиял полициялъул хIалтIухъаби ритIи, гьеб буго къуватазул идараялъул нухмалъиялда хIалтIизе лъангутIи.
Гьеб мухъаллъул бутIаялда хIалтIулел полицилъулал рагъуе хIадурун рукIунаро, гьезда тIад батIиял ишал рукIуна. Гьезул букIине кколеб хIадурлъиги, хIалбихьиги букIинчIолъиялъха гьелщинал камиял ккарал полициялъулазе.
Гьел экстремистазде дадне къеркьеялъе гIуцIарал низамцIунулезул хасал хIалтIухъаби руго гури, гьел ритIизе кколаан экстремистал ралагьизеги, гьезде данде рагъизеги.
Мухъалъул полициялъул хIалтIухъабаз гьабулеб хIалтIи гуро гьеб. Гьелде тIадеги лъукъарал полициялъулазе кумек гьабулел рукIарал нижер гIадамал, экстремистазулгун хурхен бугин, рокъоб ярагъ батанин абун багьанабиги чIван жанир тIамун руго.
Киназдаго лъала низамцIунулез гьеб ярагъ жидецаго реххараблъи. Гьелдаса хадуб кинаб божилъи букIунеб гIадамазул къуваталъул идарабаздехун. Киназдаго лъалеблъидал гьев чиясда щибго гIайиб гьечIолъи, гьев лъукъарал полициялъулазе кумек гьабулев вукIараблъиги.
Жидецаго жидедаго данде тIамулеб буго гьез халкъ. Гьелъ бихьизабулеб буго нилъер полициялъулги, пачалихъалъулги бажаригьечIолъи. Пачалихъалъул нахъеккейги бажаригьечIолъиги ккола цоял цойгидаздеги тIамун гьелъ жиндирго суалал тIурай»
15 маялда Гъуниб мухъалда изнугьечIого яргъидгIуцIараз низамцIунулезде тIадекIанцIи гьабун хадуб Сугъралъ росу сверун ккун букIана ва гьениб чанго чиясул рокъоб чIухь бана.
Гьел тадбиразул хIасилазда чанго чиясул рокъоб ярагъ батанин, гьезул экстремистазулгун хурхен бугинги лъазабун полициялъ ккун рукIана сугъулдерил чанго чи. Гьезда гьоркьов вукIана школалъул директор АхIдуханов МухIамадги.