Дагьалъ цебе нижер радиоялъул Тажик хъулухъалъе интервью кьолаго Иброновас абуна жиндир рахIат хвезабун бугин жиндир ракьцоял гуккун рукIиналъ.
Сириялда Башар Асадиде данде бачунеб рагъ жигьад гурин, лъазабуна Иброновас. Гьеб гьесул рагIабазда тIаса баян гьабулаго къеркьохъаназ Иброновасе суал кьолеб буго – гьенир лъимал чIвалеб мехалда ва гьединал чIвадарухъабазде данде бачунеб рагъ жигьад гуро ян кинха дуда абизе кIолеб?
Къеркьохъанас жиндир иргаялда гьадинаб гIайиб гIунтIизабулеб буго Иброновасде: «Мун хIукуматалъул дибир вуго. Сундул хIукуматалъул гьикъани, – Аллагьасул къануназде данде чIолеб хIукуматалъул ян абила дица.
Гьединлъидал мун дибир гуро, мун вугогьурмаде Ислам диналъул маска хун, гIадамал гуккулев мунапикъ.
Тажикистаналъул тIадтараз жеги баян гьабичIо рехс араб видеоялда тIаса, амма жиндир цIар абизе бокьичIев жанисел ишазул министерлъиялъул хъулухъчияс нижер радиоялъе лъазабуна, тIадтаразда лъалеб бугин киб гьеб видео бахъарабали ва гьабсагIат унеб бугин гьелъул цIех-рех.
Гьев хъулухъчиясул рагIабазда рекъон видео хъвай-хъвагIаялда калам гьабунин Куляб шагьаралдаса 38 сон барав Нусрат Назаров абулев чияс. Назаров полициялъе цIех-рехалде лъазабунин гьес наркотикал ричиялда щаклъи ккедал. Назаров ккола лъабго лъималазул эмен.
Гьев лъан вугин гьесул гIага-божараздаги. Гьезда кколаан гьев Россиялда мигрант хIисабалда хIалтIулев вугеблъи
Нижер радиоялъул тажик хъулухъалъе интервью кьолаго Иброновас абулеб букIана пропагандистаз гьадинал мигрантал жидерго рахъалде цIалел ругин диниял вагIзаби гьарун, батIи-батIиял видео-хитIабал гьарун, гIарац хIалтIизабун, ва Россиялда ругел мискинал тажикал гьезда божун реккерулел ругин Сириялде.
Доба унеб бугеб рагъул хIакъалъулъ бицен гьабулаго, рухIанияв Иброновас абуна гьеб жигьад гурин, гьеб бугин политикияб ва геополитикияб мурадалда бачунеб рагъ.
БатIи-батIиял баяназда рекъон Сириялда Башар Асадил хIукуматалде данде рагъулел къукъабазда гъорлъ гIага-шагарго 190 тажикав вугин.
Тажикистаналъул тIадтаразул баяналда рекъон ункъго тажикав чIван вугин, анлъгояв ккун вугин гьел Сириялдаса ватIаналде тIад руссун хадур.
22 маялда Тажикистаналъул парламенталъ къабул гьабураб къануналда рекъон къватIисел улкабазда ругел конфликтазда гIахьаллъи гьабулел тажиказе тамихI гьабизе буго.