Ссылки для упрощенного доступа

Мисралда президентасул рищиязул лъабабилеб къо


Жакъа Мисралда буго президентасул рищиязул лъабабилеб къо. Цебе лъазабулеб букIана рищиял 26 ва 27 маялда- кIиго къоялъ ине ругин, амма талат къоялда хIукум гьабун буго гьел цоги къоялъ халат рахъинаризе. Информалатазул баяназда рекъон, гьаркьал кьезе рачIунезул къадар цIакъго гIодобегIанаб буго гьениб.
Экспертазул пикруялда, гьезда бергьине кIудиял ресал руго улка цIуниялъул министралъун ва армиялъул бетIерлъун вукIарав ГIабдул ПатахI ас-Сисил.
Гьес нухмалъи гьабулеб букIана араб соналъул июлалда хIукуматалде данде рукIарал акциязул хIасилалда президент МухIамад Мурси хъулухъалдаса реххиялъул процессалъе.
Жидер вакиллъун Мурси вихьизавун букIараб «Вацал-бусурбаби» багъа-башари гьанже улкаялда гьукъун буго. Гьеб багъа-башариялъул активистазул аза-азар чи жанив тIамун ва чIвазе хIукму къотIун руго. Мурси реххулагоги хун вукIана нус-нус чи.
Генерал ас-Сисил рахъ кколезул ракI чIун буго улкаялда ругел-радикалиял исламистазул активация, къватIисел инвестициял ками, туристал дагьлъи, энергетикаялда кризис гIадинал проблемаби рагIалде рахъинаризе жидеда бажаризе букIиналда.
Amnesty Internationalалъ абуни кIвар буссинабулеб буго улкаялда инсанасул ихтиярал хвезариялъул цIакъго гIемерал хIужабазде.
XS
SM
MD
LG