Москва хIадураб буго Украиналъул президентлъун вукIине рес бугев Петр Порошенкогун диалог гьабизе. Гьедин лъазабуна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас.
Гьеб ишалъулъ жидее гьоркьохъабиги хIажат гьечIин абуна Лавровас. «Ниж хIадурал руго Евроцолъиягун ва Америкагун рекъонхIалтIизе Украиналда жанир ругел рахъазе «нухлулаб карта» рагIалде бахъинабизе квербакъиялъул ишалъулъ»,-ян абуна Лавровас.
Лавровас гьединго загьир гьабуна Киевалда радикалиял бербалагьиял цIикIкIине Порошенкоца тезе гьечIолъиялда жиндирго бугеб хьулги.
Россиялъул президент Владимир Путиница араб анкьалда абуна букIана Украиналда тIоритIизе ругел президентасул рищиязул хIасилазул адаб гьабизе бугин Россиялъин.
Гьезул адаб гьабизе бугин жинцаян лъазабуна инти къоялда Укрианалъул вукIарав президент Виктор Януковичицаги.
Ахирисел официалиял гурел баяназда рекъон, гьатIан къоялда Украиналда рукIарал президентасул рищиязда 50-ялдаса цIикIкIун процентгун бергьун вуго бизнесчи Петр Порошенко. Экс-премьер Юлия Тимошенкое щун буго гьаркьазул 12 процент.
Украиналда рищиязда сверун тема нижеца халат бахъинабулеб буго жакъасеб программаялда.