Ссылки для упрощенного доступа

Украиналъул рищиязда сверун лъалареб микьго хIужа


МухIкан гьечIонги, лъалеб буго 25 маялда Украиналда рукIине ругел президентасул рищиязда «шоколадалъул къирал» Петр Порошенко «газил бика» Юлия Тимошенкодаса тIоцебесеб туралдаго бергьине къачIалев вукIин. Амма буго гьел рищиязда сверун жеги лъалареб микьго хIужа.

1. Курак-тIогьилаб инкъилабалъул чIел цо Тимошенкоца гурониги босун букIана.

Узухъда, курак-тIогьилаб инкъилабалда Тимошенкоца гьабураб кIочон гьечIо, амма букIана гьелъулъ Петр Порошенколги асар. 2004 соналдаго конфетазул кIудияб бизнес ва Канал-5 абулеб телестанция букIарав гьев рикIкIунаан курак-тIогьилаб инкъилабалъул бищунго кIудиял спонсоразул цоявлъун. Гьев гьединго вукIана президентлъун вахъине Виктор Ющенкое кумек гьабурав гьесул гIагардисев гьудуллъунги. Курак-тIогьилаб инкъилаб бергьун хадуб премьер-министрасул хъулухъалда хьулги букIун буго Порошенкол.

http://www.rferl.org/content/article/1056820.html

Ющенкоца абуни гьев тола Х1инкъигьечIолъи цIуниялъул шураялъул бетIерлъун премьералъул хъулухъ олигархалги, хас гьабун Порошенкоги рекIее гIоларей Тимошенкоеги кьун.
Порошенко ва Тимошенко кIиялго хъулухъаздаса рахъун рукIана кIиязго коррупциялъул гIайибал цоцазде гIунтIизарун хадуб 2005 соналда. Амма Порошенко хутIана гьесул эгизал ясал Евгения ва Алексадрал хъанчилав эменлъун кколев Ющенкогун лъикIал гьоркьорлъабазда.

Сурат: http://gdb.rferl.org/6641BD58-6087-40D4-89D8-64E0651E851B.jpg

2. Тимошенкода бажарула Россиягун бизнес гIуцIизе.

Жиндир каламазулъ Магърибалдехун цIайи цIикIкIараб риторика букIаниги Тимошенко рикIкIуна Кремльгун рагIи рекъезабизе лъалей ва гьебгун хIалтIулал гьоркьорлъаби гIуцIизе бажарулей чIужулъун. «газил бика» абураб тIокIцIар щун букIана гьелъие Россиялъул президент Владимир Путингун рукIарал чанго батIиял кIалъа-ралъаяздаса хадуб гьейгун хIалтIизе бигьаго бугин гьес абун хадуб. Ахирги гьел кIалъа-ралъаяз рачана 2009 соналда букIараб газил кризисалде ва президентлъун вукIарав Виктор Януковичас Тимошенко туснахъалъуй тIамиялде.
Украиналда Россиялде данде бербалагьи цIикIкIанагIан президентлъиялде кIиялго кандидатаз хIаракат бахъулеб буго Кремлалъулгун бухьенал дагьлъизаризе ва жалго патриоталлъун рихьизаризе.
КъватIибе загьирлъун буго телефоналдасан кIалъалаго Тимошенкоца Украиналда ругелщинал гIурусал чIвазе кколин абулеб букIараб.

http://www.rferl.org/content/ukraine-tymoshenko-tape-language-russians/25308845.html

Жиндир конфетаби «Рошен» Россиялда лъагIалица гьукъун рукIарав Порошенкоца хIаракат бахъулеб буго гьеб «дармил рагъ» жиндирго пайдаялъе хIалтIизабизе.
«Россиялда жиндир конфетал гьукъиялъ бихьизабулеб бугин жинца гьабулеб бугеб битIараб букIин ва жиндир политика Украиналдехун цIайи цIикIкIараб букIин»,-ян абун букIана Порошенкоца дагьаб цебе.


3. Рес буго рищиял кIиабилеб туралде ине ва гьеб Тимошенкое данде ккезе гьечIо.

Киевалъул Демократиял Инициативаби Фондалъ ва цIех-рех гьабиялъул рахъалъ Разумковасул Централъ кьурал ахирисел баяназда рекъон, Порошенкое гьаракь кьезе хIадураб буго рищарухъабазул 45-гIан процент, Тимошенкое абуни-гIицIго микьгогун бащдаб процент.

Амма рищиязда бергьине ккани хIажалъула 50ялдаса цIикIкIун процент.

http://www.theinsider.ua/politics/537c85fca6ff8/

Амма жиндир рахъалдасан Тимошенко рищиязда гIахьаллъулеб «Батькивщина» партиялъе цIех-рехал гьарулеб мехалдаса гIезегIанго цIикIкIун щола рищиязул къоялъ гьаркьал ва рес буго лъие гьаракь кьелебали жеги лъаларезги Тимошенкое гьаркьал кьезе.

4. Порошенкоца дискусиял гьарулел гьечIо.

Порошенкоца рищиязул кампаниялъул заманаялда инкар гьабулеб буго киналго дебатаздаса, гьездаго гьоркьоб Тимошенкогунги. Гьес абулеб буго «лъицаялиго гIарац кьураб шоуялъул» гIахьалчилъун вукIине бокьун гьечIин жиндиейин. Амма рищиял кIиябилеб туралде ани «Батькивщиналъул» лидергун дебатал гьаризе разияв вуго гьев. Гьелъ ццим бахъинабурай Тимошенкоца 22 маялда гьев иргадулаб нухалда ахIулев вукIана рагьарал дебатазе тIоцебесеб туралда цеве.
Тимошенкоца абулеб буго жинда жаваб кьезе кIолареб цониги суал гьечIин ва гьикъулеб буго Порошенко дебатазде вачIунгутIиялъ нужер щаклъи бижизабулеб гьечIищан.

5. Магърибалъул киналго гурел бергьенлъаби нилъее данде кколел.

Дагьаб цебегIан Днепропетровскалда рищарухъабигун букIараб данделъиялда Порошенкоца абуна жив рищиязда бергьани цо жинсалъул гIадамазда гьоркьор ригьинал гьаризе жинца тезе гьечIин.

http://www.kyivpost.com/opinion/op-ed/katya-gorchinskaya-10-surprising-things-i-learned-on-poroshenkos-campaign-trail-348416.html

Гьеб суалалда сверун жиндирго бербалагьиялъул Тимошенкоца жеги лъазабун гьечIо.

ТIадехун рехсараб данделъиялда Порошенкоца гьединго бицун букIана жив кутакалда хIалтIулев чи вугинги.

6. ХIалтIулел чагIи гIемерал руго.

Гьезул къогоясул хIакъалъул гьаниб цIализе бегьула.

http://www.cvk.gov.ua/pls/vp2014/wp003?PT001F01=702


7. Къо-мех лъикI, Виталий!

Рес буго 25 маялда Виталий Кличкол политикияб карьераялда цIияб бутIа рагьизе. Боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпион ва УДАР партиялъул лидер Кличко президентасул рищиязда гIахьаллъичIо жиндирго бакI Порошенкоеги кьун, амма гьев гIахьаллъулев вуго Киевалъул мэрасул рищиязда. Гьев гьенив бергьине ресалги кIудиял руго.
Гьеб хъулухъалъухъ ахирал соназда балагьулел рукIана- политикияб рескъотIи-ялъухъ гIадин. Шагьаралъул ахирисел мэрал халкъалда гьоркьор машгьурал рукIинчIо ва гьелдалъун шагьаралъул проблемабиги цIикIкIун гурони дагьлъулел рукIинчIо.
Амма Кличкоца рагIи кьолеб буго Киевалда аквапаркги Диснейлендги базе.
http://korrespondent.net/ukraine/3366412-stolychnyi-nokaut-chto-hotovyt-klychko-dlia-kyeva

8. Гьеб киналъулго кIвар гьечIо.

Президентасул рищиязда гIахьаллъулел руго цогиязда гьоркьор кIиго миллиардерги цо миллионерги.
Политикаялде гьел киналго рачIун руго анцIгоялдаса цIикIкIун соналъ цере. Амма кIудиял хиса-басиял къваригIараб Euromaidanалъул тIалабал гьез тIуразе рукIиналдаги щаклъи буго. Гьелде тIадеги Майданалда нусгогIан чи чIаялъул унти жеги цIиго букIаго ва гьелъул хIал жеги дагьлъулеб гьечIеб мехалда.
Гьединго 22 маялда Машрикъалъул Украиналда 17 солдат чIван хадуб вукIинисев президентасда цере чIолел аслиял суалазул цояб буго улкаялда рекъел чIезабиги, гъанкъун унеб бугеб экономикаялъул ва рукIинисел парламентиял рищиязул суалалги.

Дэйзи Синделар
Ума ИсхIакъова
XS
SM
MD
LG